Магӏарул районаздаса гӏатӏиракьалде гочарал магӏарулазул гӏагараб мацӏалде бугеб гӏажаибго недегьаб рокьуца ракӏ бохизабуна Хасавюрт районалъул Кокрек росдал школалъул учительзабазул ва цӏалдохъабазул церерахъиналдаса хадуб.

Гьенир данделъун рукӏана магӏарул мацӏалъул гъасда цоги нухалда бакараб цӏадухъ хинлъизе. Ахӏулаго магӏарул кечӏгун, кьабулаго къалигун, дандчӏвай гьабуна гьез хӏурматиял гьалбадерида. Магӏарул мацӏалъул байрамалде ахӏун рукӏана шагӏир Тубхӏат Зургьалова ва «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева.

Цӏалдохъабаз ва учительзабаз ахӏана ва рикӏкӏана магӏарул шагӏирзабазул кучӏдул. Гьединго гьез кӏвар кьуна исана юбиляраллъун кколел Тубхӏат Зургьаловалъул ва Шамил Мухӏидиновасул махщелчилъиялде, бицана гьезул асаразул ва гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Цӏалдохъабаз суалалги кьуна Тубхӏатие. Гьелъги бицана магӏарул адабияталъул хӏакъалъулъ, жиндирго кучӏдулги цӏалана шагӏиралъ байрамалъул гӏахьалчагӏазе. Гьединго магӏарул мацӏалъул тадбиралде рачӏаразда байрам баркана школалъул директор Халид Гӏумаровасги.

Магӏарул мацӏалъул байрам гӏуцӏизе квербакъарал учительзаби Патӏимат Нигӏматулаевалдаги, Сагибат Бахӏарчиевалдаги, Загьрат Мухӏамадовалдаги, Муи Юнусовалдаги, Патӏимат Абутӏалибовалдаги, Наида Мехдиевалдаги нижецаги баркула рахьдал мацӏазул байрам.