Инхоса Гӏалихӏажияв гьавуралдаса — 174 сон

«Бусурманав инсул капурал лъимал,

Кинаб наслуялъул рижарал нужго?

Гӏантаб гӏанкӏуялъул гӏадалал ханал,

Гӏакълу кьезе варис восилев киса?»

«Хӏамий сарин ахӏун мун сверданиги,

Дур сариналъ хӏамил хӏал хисиларо».

«Гьересияв гьоролчи чидае басралъула,

Битӏараб бицаниги, божи гьечӏев вукӏуна».