Рахьдал мацӏазул халкъазда гьоркьосеб къоялъул хӏурматалда, 19 февралалда ДРя-лъул Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана гӏелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гӏахьаллъана Дагъистаналъул халкъазул мацӏазулгун адабияталъул гӏалимзабиги, республикаялъул вузазул преподавателалги, школазулгун школалда цебесеб лъай кьеялъул идарабазул педагогалги.
Конференция нухда бачана ДНИИПалъул директорасул ишал тӏуралей Меседу Шурпаевалъ. Гьелъ бицана 2019 соналда институталда гьарурал гӏелмиял цӏех-рехазулги, хӏадурарал цӏалулгун методикиял тӏахьазулги, программабазулги хӏакъалъулъ. «Дагъистаналда гӏуцӏун руго рахьдал мацӏазда лъималазе лъай щвеялъул рахъалъ киналниги шартӏал – къабул гьарун руго гьеб рахъ тартибалде бачунел къануназулгун нормативазул документалги. 2019 соналда ДНИИПалъул гӏалимзабаз хӏадурана ва «Просвещение» басмаханаялда къватӏире риччана байбихьул школалъул цӏалдохъабазе рахьдал мацӏазулгун адабияталъул цӏалул тӏахьал. Хӏадурун руго берцинхъваялъул ва хӏалтӏул тетрадалги, методикиял пособиялги», — ян бицана М. Шурпаевалъ.
Школазе рахьдал мацӏазул учительзаби хӏадуриялъул хӏакъалъулъ бицана ДГУялъул филологияб факультеталъул профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Муса Бахӏамадовас. Гьес абуна соналдаса соналде дагьлъулеб бугин РДОялда цӏализе рачӏунел гӏолилазул къадар ва рехсана гьелъие ругел гӏиллабиги. Масала, учителасул махщалил къадру гьечӏолъи; учительзабазул харжал мукъсанал рукӏин ва цогидалги.
Гьединал гӏиллаби сабаблъун, масала, гъоркьиса цониги абитуриент вачӏун гьечӏо лезги мацӏалъул группаялде.
Рахьдал мацӏалъул дарсал кьолаго дандчӏвалел масъалабазулги хӏалтӏизарулел методикиял къагӏидабазулги хӏакъалъулъ бицана щибаб мацӏалъул секциялъул дандеруссиналда. Конференциялъул хӏасилалда къватӏибе биччазе буго методикиял макъалабазул мажмугӏ.