Гӏужий босараб гьунар
Ахирал соназда республикаялъул щибаб районалда гӏуцӏун рукӏана пагьму-лъай цӏикӏкӏарал, гьунар тӏокӏал цӏалдохъаби цӏалулел хасал группаби (центры для особо одаренных детей). Гьел рукӏана муниципалиял лъай кьеялъул идарабазда гъорлъ, хасав нухмалъулевги вихьизавун. Рукӏана гьезул жидерго программаги, тартибги, цере лъурал масъалабиги. Кӏигогӏан соналъ цебе Лъаратӏа гьединаб центр тӏубанго къана. Щиб гӏиллаха гьелъие ккараб?
Гьеб суалалъе мухӏканлъи щвана районалъул лъай кьеялъул идараялдаса. Гьезул баяналда рекъон, цере тӏурал лъималазул центр къан буго райцентралда жанир гьединаб лъаялъул цӏалдохъаби гӏураб къадаралда гьечӏолъиялда бан. Лъаратӏаса гурони цогидал росабалъа лъимал гьенире дарсазде хьвадизе хӏукуматалъги шартӏал чӏезарулел гьечӏила. Районалъул лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулев Сулейман Мажидовас рикӏкӏунеб буго, гьеб центр къазе течӏого цӏунизе кӏварабани, районалда лъай кьеялъул даража гӏемерго цебе тӏезе букӏанилан: «Гьабсагӏаталда райцентралда цӏалулел лъикӏаб пагьму-гьунаралъул лъималазул лъай борхизабиялъе хасал шартӏал гьечӏо. Лъаратӏа жаниса гурелги районалъул росабалъа ракӏаризе бегьилаан лъай камилал цӏалдохъаби. Гьезие шартӏал чӏезаризе районалъул бюджеталъул гӏарац гӏуни, гьеб кӏудияб лъикӏлъи букӏинаан тӏолабго районалъул лъайкьеялъул даража борхизабиялъе. Гьелдалъунго лъикӏлъизе рукӏана ЕГЭялъул ва ОГЭялъул хӏасилалги. Къокъго абуни, гьеб центр къай кӏудияб камилъун буго».
Гьаниб гӏадатиял гӏадамазулги суал бачӏунеб буго цебеккун кин гьелъие гӏарац щолеб букӏараб ва лъица гьеб ишалъе квербакъи гьабулеб букӏарабин абураб.
Гьеб центр къаялъ жидер лъималазул гьунар ва лъай цебетӏеялъе кӏудияб ками кколеб бугин рикӏкӏунеб буго гӏемерисел цӏалдохъабазул эбел-инсуцаги.
Масала, гӏицӏго щуйил къиматазда цӏалулев ункъабилеб классалъул цӏалдохъанасул эбел Мухӏамадова Саниятица рикӏкӏунеб буго хӏукуматалъ жиндир васасул лъай цебетӏеялъе зарал гьабулеб бугин: «Централъул кӏудияб кумек букӏана лъималазул цӏали тӏадегӏанаб даражаялда цебехун бачиналъе. Росабалъ ругел лъикӏаб лъаялъул цӏалдохъабиги махӏрумлъун руго гьеб ресалдаса. Магӏарухъ рукӏунин абун шартӏал гьечӏого тезе кколищ нижер лъимал? Дица рикӏкӏуна лъай кьеялъул идараялъ хӏаракат бахъизе кколин гьеб центр нилъер гьаниб цӏидасанги хӏалтӏизабиялъе».
Гьеб рахъалъ районалъул нухмалъулез загьир гьабураб пикруялда рекъон, гӏураб къадар цӏалдохъабазул чӏезабизе кӏвани, хадусеб цӏалул соналда Лъаратӏа цӏидасан рагьизеги рес буго гьунар тӏокӏал лъималазе лъай кьолеб группа.