Ункъо соналъ гьоркьоса къотӏичӏого, щибаб хасало, Къамилухъ росулъ тӏоритӏула лыжабазда хъещтӏеялъул рахъалъ къецал.
Щибаб гӏелалда гьоркьор батӏи-батӏиял къояз тӏоритӏулел гьел къецазда гӏахьаллъула школлъимал ва росдал гӏолохъаби. Къамилухъ буго лыжабазда хъещтӏеялъе санагӏатаб бакӏги, гьенир чӏезарун руго хӏажатал шартӏалги. Гӏолилалги лъималги разияб гьеб ишалъе квербакъулеб буго росдал администрациялъ, школалъ ва спорталъулгун лъикӏаб гьоркьоблъи бугел росдал гӏолохъабаз. Исанаги 17 февралалда гьенир цӏалдохъабазда гьоркьор тӏоритӏана къецал. Гьенив гӏахьаллъана Къамилухъ гьоркьохъеб школалдаса 19 цӏалдохъан. Школалъул директор Камил Мухӏамадовас жинцаго гьарулел рукӏана цӏалдохъабазда гьоркьоб лыжабазда хъещтӏеялъе хӏажатал малъа-хъваял, бицунеб букӏана хъещтӏолеб нухда тунка-гӏуси ккечӏого цӏуни-къай гьабизе кколеб къагӏидаялъулги.
Цӏалдохъабазул гӏумруялъул соназухъ балагьун бихьизабун букӏана гьезие хъещтӏезе манзилги.
Къецазул хӏасилалда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Ибрагьим Мухӏамадовас, кӏиабилеб бакӏ щвана Башир Хӏасановасе ва лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Микагӏил Мухӏамадов. Бергьенлъи босарал спортсменазе шапакъатал кьуна районалъул гӏолилазул комитеталъул нухмалъулев Камил Гӏалибеговас. Гьес абуна, тӏолабго районалда хасалил спорталъул хӏаял церетӏезариялде районалъул нухмалъиялъ кӏудияб кӏвар кьолеб бугилан. Чӏахӏияб гӏелалъул спортсменазда гьоркьор къецал тӏоритӏизе руго гьал гӏагарал къоязда.