Магӏарул газета цӏали — гьеб къаде кванайго гӏадин гӏадатлъун лъугьараб иш буго нижер рокъоб. «Багӏараб байрахъ» газеталъе тӏоцебе подписка дица гьабуна 1966 соналда.

Заман ингун цӏикӏкӏана магӏарул мацӏалда рахъулел газетал, журналал. «Хӏакъикъаталда» цадахъго цӏалулеллъун лъугьана «Ас-салам», «Нурул-ислам» газетал ва «Гьудуллъи» журнал. Нижер рокъоб кидаго къимат букӏана магӏарул мацӏалда бахъанщинаб тӏехьалъул, газетазул. Мунагьал чураяв дир рос Сулейман Мухӏамадовасги жиндирго макъалаби ритӏулаан «Хӏакъикъаталде» ва нижерго районалъул газеталда рахъизе. Гьес жинцаго хӏадурун къватӏибе бичалаан «Гьидерил гӏумру» газетаги. Сулейман хваралдаса нахъе дир цӏалдохъан Патӏимат Гьитӏиновалъ гьабуна гьеб газеталъе редакторлъиги.

Гӏумахан Гӏумаханов бетӏерав редакторлъун ккаралдаса нахъеги «Хӏакъикъат» газета цӏализе жеги гъира бараблъун лъугьун буго. Щибаб цӏияб номер бачӏиналъухъ урхъун балагьун йикӏуна дун. Нижер Гӏурада росулъ бицен ккедал, чанги чияс беццулеб рагӏана дида жакъасеб «Хӏакъикъат». Гьеб квешаб букӏарабани, Гьитӏиноваги инароан тӏадюссун гьений хӏалтӏизе.

Редакторасеги коллективалъеги гьарула сахлъиги хӏалтӏулъ бергьенлъабиги.