Араб гӏасруялъул 50-абилел соназул ахиралда цӏунтӏал тӏадруссана Чачаналдаса умумузул ракьалде. Гьеб заманалда гьезул рукӏинчӏо нартил чирахъалцин. Канада цӏаги бакун гьабулаан квен-тӏехцин. Букӏана кан цӏунизе гьабураб хасаб бакӏги. Ниж, гӏисинал лъимал, иргадал тӏаде рахъунаан, бухӏун бахъаралъул бакӏалда цӏияб кан лъезе.

Ана сонал. Хисана гӏумру. Лъабкъоялда анцӏабилел соназда байбихьана токалъул хӏубал эхетизаризе. Гьеб ишалда рукӏарал махщелчагӏазе кумекалъе рахъунаан росабазул гӏолохъабиги. Ахир-къадги цӏунтӏадерил минабиги гвангъизаруна «Ильичил чирахъаз».

Гьелдаса нахъеги ана гӏураб заман. Гӏазу-цӏад гьарзаяб Цӏунтӏа районалда 70-абилел соназда эхетизарурал токалъул хӏубал басралъун, турун, гьороца регизарун руго. Зехида ва Шаури подстанцияби рагьараб мехалда, дагьа-макъабго хӏалтӏи гьабуна хӏубал цӏигьариялъе. Кидиро, Хутӏрахъ, Хӏибиялъ мухъалде канлъи кьола Зехида бугеб трансформаторалдаса. Шагьикь-Асахъ мухъалде – Шаури трансформаторалдаса.

Цересел соназда, токалъул кваразул дагьабниги жагъаллъи ккани, 60 километралдасаги рикӏкӏад ругониги, Бежтӏа подстанциялъул хӏалтӏухъаби рачӏунаан гьеб къачӏазе. Жакъа щибаб муниципалитеталда руго ток къачӏалел монтерал. Гъоркьиса, масала, къаси сагӏат микьго тӏубараб мехалда токги сун, бецӏго хутӏана цӏунтӏадерил къогониги росу. Хехабго заманалда жаниб токалъул мухъазда ккараб жагъаллъи инабуна Цебари росулъ вукӏарав подстанциялъул хӏалтӏухъан Гӏабдулкъадир Мухӏамадрасуловас. Гьедин, жиндирго машинаялда бакӏаздеги щун, гьес къачӏана ток Асахъ, Берих ва цогидал мухъаздаги. Амма басралъарал хӏубалги кваралги хисичӏони, подстанциялъул хӏалтӏухъабазухъаги бажаризе гьечӏо жидер жавабчилъиялда гъоркь ругел бакӏазда гӏумру гьабулел гӏадамал токалдалъун хьезарун. Гьелде тӏадеги, хӏубаздаса даларал кваразул хӏинкъи буго гӏадамазул гӏумруялъе. Масала, цо чанго соналъ цее, гьедин даларал квараздаги хъван, токалъ чӏвана Хӏибиялъ росулъа гӏолохъанай гӏадан ва гьелъул лъимал бесдал хутӏана. Рекьоб росдада гӏагарлъухъ токалъ чӏвана Акди росулъа чи – бесдаллъана гьесулги щуго лъимер.

Гӏицӏго Цӏунтӏа районалда хисизе ккола микьнусгоялдаса цӏикӏкӏун токалъул хӏубиги чанго трансформаторги. Гьединабго хӏалалда ругин абизе бегьула Цӏумада районалъул токалъул мухъалги. Хасго хасалил заманалда гӏемераб мехалъ бецӏлъуда хутӏула Метрада, Хъварщи, Хушет росабазул гӏадамал. Токги нухалги – гьел ккола магӏарухълъиялъе чара гьечӏого хӏажатал ва тӏоцебесеб иргаялда тӏуразаризе кколел масъалаби.