Бищунго аслияб жо буго гӏадамасе чорхол сахлъи. Гьеб щула гьабизелъун дун вегизе ккана гӏемерал больницабазда. Гьениб дида бихьана тохтурасул каламалда, бербалагьиялда бараб жо гӏемераб букӏунеблъи, сахлъи щула гьабиялъе кӏудияб квербакъи гьабулеблъи.

Гьел киналго рахъал данде ккуна дица районаллъул, республикаялъул ва Москва шагьаралъул больницабазда вегун вукӏараб заманалда. Гьаниб цӏар рехсезе бокьичӏеб цо районалъул больницаялъул хӏалтӏухъабазул рахъалъ абила, гьезул ракӏал ганчӏил ратилилан. Республикаялдаги ратана, къанагӏатго бугониги, унтарасдехун ракӏ унтараб бербалагьи бугел тохтурзаби. Гӏемерисел абуни, тӏоцебесеб къоялъго унтарасда сверун лъугьуна жидеего «клиент» тӏалаб гьабун, операция гьабиялъул мурадалда. Унтарас гӏарац кьезегӏан гьесие операция гьабичӏеб хӏужаги бихьана.

Дун вегараб Москваялъул лъабго батӏияб больницаялъул тохтурзабазул бицани, гьеле унго-унгоял тохтурзаби. Унтараздехун гьезул букӏуна унго-унгояб бербалагьиги.

Гьаб макъала хъваялъе ккараб гӏиллаялъулги бицинин.

25-27 январалда дун рокъов вегун чӏезе ккана бидул тӏадецуйги гӏодобе ккун. Дирго унти кӏоченабуна 27-абилеб сордоялъ. Къаси сагӏат 12-ялдаса хадув дурц вачӏана нижер яс (гьесул хъизан) унтун йигиланги абун. Хъата-масан гьенире щведал, гьей гӏакълуялдасаги ун ятана. Гьурмада цӏорораб лъим речӏчӏаниги, рекӏеде ячӏинчӏо ва рес къотӏарав дица гьелъул кӏаркьен чӏван хадуб, берал дагь-макъалго рагьун рачӏана. Цинги хехал тадбиралги гьарун, лагӏизаюна. Дагьабго чӏаголъиялъул гӏаламатал загьирлъидал, борцана бидул тӏадецуй. Гъоркьияб рахъ бихьизабулеб бакӏалда 0, тӏасияб букӏунелъуб Е хъвана тонометралъ. Нахъеги марганец жубараб гӏетӏараб лъимги кьун, лагӏдезаюна. Амма гьеб жо гьабулеб 40-50 минуталда жаниб чанцӏул бидул тӏадецуй борцаниги, добго хӏасил бихьизабуна. Нижер хӏукму ккана хехго гьей районалъул больницаялде хъамизе, гьенибе нижер росулъа 30-40 км. буго. Хехго бухьен ккуна росулъ вугев фельдшерасулгун (гьеб букӏана сардилъ кӏигоялде хӏалтӏараб заман), гьесда гьарана больницаялъул «Хехаб кумекалъул» бригада битӏейин нижеда данде, ниж къватӏире рахъанилан.

Машина къваригӏун ниж рукӏинчӏо, хӏинкъун рукӏана нухда ясалъул хӏал хисилилан. Рекӏеде ячӏиндал, гьелъ бицана аллергия багъарун букӏун, жинца щуго таблетка преднизолоналъул гьекъон букӏанилан. Росдал фельдшерасги ахӏун бачӏана жинца «Хехаб кумекалъул» бригадаялда лъазабунилан. Амма гьез къватӏире рахъине хиялго гьабун батичӏо. Больницаялда унтарал къабул гьарулеб рукъ рагьизе бана 15-20 минутгӏанасеб заман. Рагьун хадубги цо гӏадан телефоналъ бакӏ-бакӏалде кӏалъан, щиб-кин гьабилебали цӏехолаго ана бащдаб сагӏат. Ахирги унтарай егизаюна капельница лъезе ва радалалде гьелъие мадарги лъугьана. Нахъисеб къоялъ ясалда гьикъун буго дой приемныялдасан кӏалъарай тохтуралъ дуе клизмаго гьабунищилан. Клизмаялде руссине регӏун рукӏинчӏеб къагӏидаха гьел…

Рокъосез, дие кигӏан бокьун букӏинчӏониги, хӏал гьабун витӏана дунги больницаялде, дирго сахлъиялъухъ балагьизе. Росана кколел кагъталги, щвана тохтуралъухъеги. Бицана дирго сахлъиялъул гӏаламатазул ва гьелъ борцана давление. Гьеб батана 120х80. Тохтуралъ абуна лъикӏаб давление бугин. Дица гьелда бичӏчӏизабуна гьеб дуе лъикӏаб батилин, дие, 70 соналде вахунев чиясе, гьеб дандекколеб гьечӏин. Щайгурелъул дир тӏадецуй ахираб 5-6 соналда жаниб 160-170 букӏанин ва дун больницаялъул хӏисабалдеги восун вугин.

Къокъго абуни, рокъосезул букӏараб хиял (вегизеги гьавилин, дарабиги гьарилин) хӏорго хутӏана. Дару-сабабцин хъвачӏого, цо анкьидаса вачӏайинги абун, нуха регӏана. Гьеб гьедин кколеблъи дида лъалебги букӏана. Гьединаб бербалагьи буго унтараздехун ганчӏил ракӏал ругел цо-цо тохтурзабазул.

Больницабазде ккарал киназдаго (рес рекъон ккезе хъван ратугеги) дандчӏвайги унтул къиматги гьабулел, унтараздехун ракӏ унтараб бербалагьи бугел тохтурзаби.