Цӏумада

14 февралалда Тӏаса Гьаквари росдал бегавул Сулейман Сулеймановас росуцоязе хӏисаб кьуна гъоркьиса гьабураб хӏалтӏул.

Росдал бюджеталда бихьизабураб гӏарцул къадар букӏана 1 млн 776 азарго гъурущ. 105 проценталъ ракӏарун руго киналго налогалги.

Гӏолилалги хӏалае рахъун, гъоркьиса росулъ гьарурал аслиял хӏалтӏаби ккола шагьранухал къачӏай. Гьелъие районалъул нухазул фондалдаса 200 азарго гъурущги биччан букӏана. Чабхилгун ракьул цӏураб 200 КамАЗги чӏехьана гьел нухазде.

ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдурахӏман Камиловас сайгъат гьабураб тракторалъулги кӏудияб кумек щолеб буго гьеб рахъалъ.

Цӏумада райадминистрациялъул пресс-хъулухъ

Бежтӏа

Участокалъул бетӏерасул ишал тӏуралев Хӏусен Хӏайбулаевас тӏобитӏараб данделъиялда аслияб суаллъун букӏана Кӏудияб Бергьенлъиялъул байрамалде хӏадурлъи гьаби.

Цӏи гьарун къачӏазе руго бахӏарзазе рарал памятникал. Гьединго Бежтӏа участокалъул гӏадамал гӏахьаллъизе руго «Георгиевская ленточка», «Хвел гьечӏеб полк», «Солдатасул карщ», «Ракӏалдещвеялъул вахта», «Бергьенлъиялъул байрахъулал» абурал Тӏолгороссиялъул акциязда ва проектазда.

Хьаргаби

Махӏачхъалаялда, SMMET централда тӏобитӏана Кӏудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тӏубаялъул хӏурматалда районалъул гӏолилазда гьоркьоб интеллектуалияб хӏай. Гьелъухъ ралагьизе рачӏун рукӏана районалъул имам Гӏали-хӏажи Мухӏумаев, «Аварал» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул председатель Арсен Мухӏамадов, районалъул гӏолилал ва цогидалги гьалбал.

Хӏаязда гӏахьаллъана районалъул лъабго команда.

Тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Гӏаймаки росдал команда, кӏиабилеб бакӏалде бачӏана Дарада-Мурада росдал команда, лъабабилеб бакӏ ккуна хъвартихьунисез.