Тарихалде ана 2019 сон. Бечедаб букӏана гьеб лъугьа-бахъиназдалъун, ракӏалдещвеяздалъун, тӏубарал ишаздалъун, ккарал хӏасилаздалъун.
Цӏумада районалъе гьеб кинаблъун букӏарабали бицунеб буго районалъул нухмалъулев Анвархӏажи Вечедовасулгун нижеца гьабураб гара-чӏвариялда.
— Анвархӏажи, гъоркьиса нужеца гьабураб ва исана гьабизе хӏисабалде босараб хӏалтӏул бицани бокьилаан.
— Районалъе нухмалъи гьабизе бигьаяб гьечӏеблъи дида бицун гуреб, бихьун лъала. Жавабчилъиги цӏикӏкӏараб буго. Амма ишцоялгун цадахъ рекъон хӏалтӏидал, районалъул социалиябгун экономикияб рахъ цебетӏезабизе ва районалъул идараби гӏадамазул мурадал тӏураялъе гӏоло хӏалтӏизаризе бигьалъулеб буго.
Районалъул нухмалъиялда цебечӏараб аслияб масъала ккола районалъул социалиябгун экономикияб рахъ цебетӏезаби, халкъалъул магӏишат-яшав лъикӏлъизаби. Хӏалтӏи унеб куцалдаса гьабсагӏаталда дун рази гьечӏо, гьарулел ишал дагьал хӏинцго унел рукӏиналъ. Гьеб кинабго районалъул идарабазда гуро бараб бугебги.
Тӏоцебесеб иргаялда, росабазул нухмалъулезулги буго жидерго хӏалтӏудехун хашаб бербалагьи. Гьабсагӏат батӏи-батӏиял программабазда гӏахьаллъун, бокьахъе хӏалтӏаби гьаризе рес буго росаби церетӏезариялъе, цӏигьариялъе, амма думалъго ракӏалда рукӏинчӏел «цӏи-цӏиял хважаинзаби» ракьазулги раккун, хӏалтӏи чӏаралъубго хутӏулеб буго.
Дун тамашалъизавула нилъер халкъалъул гьечӏеб бичӏчӏиялъ, хъантӏиялъ, цо-цоязда мекъиги бихьизе батила гьедин абуни. Районалда ралел школал, лъималазул ахал ва медпунктал нилъеего ралел рукӏин бичӏчӏизе бокьуларого, жидер ракь бугинги чӏун, квалквал гьабулеб буго. Москваялъулалда бащад багьа ракьалъулги гьабун, гӏарац кьеян чӏолелги камулел гьечӏо. Кинго бичӏчӏизехъин гьечӏо нилъер гӏадамазда росулъ школаги, медпунктги, цогидал бакӏалги районалъул администрациялъул хӏалтӏухъабазе гурел, халкъалъе ралел рукӏин.
Хӏажат буго районалъул пачалихъиял идарабазул ва росабазул администрациязул нухмалъулез жидерго хӏалтӏудехун бугеб бербалагьи хисизабизе. Балъголъи гуро, гьез жидеда тӏадкъараб хӏалтӏи букӏине кколедухъ тӏубалеб гьечӏолъи. Бегьуларо гьезул хӏалтӏулъ тасамахӏлъи ва хӏинцлъи букӏине.
Кин батаниги, абизе бегьула 2019 сон нижеца лъикӏал хӏасилаздалъун регӏанин тарихалдеян. Базе байбихьараб 18 объекталъул бан рагӏалде бахъана анцӏгоябниги, хутӏарал лъугӏизе руго исана. Гьел ккола федералияб программаялда рекъон, Кӏванада ва Гьигьалъ ралел 120 цӏалдохъанасе бакӏ бугел школал ва 60 лъимералъе хӏисабги гьабун, Тӏиндиб балеб бугеб лъималазул ах.
Республикаялъул бюджеталдаса исана Тӏисси ва Гьакъо росабалъ разе руго ункъого ва кӏикъого цӏалдохъанасе хӏисаб гьабурал школал. Ракӏалда буго гьенирго лъималазул ахалги рагьизе. Гьелъ рес кьезе буго тӏадеги щуго-анлъгониги чиясе хӏалтӏулеб бакӏ рагьизе, школалде иналде дагьабниги хӏадурлъи лъималазулги букӏине.
Капиталияб ремонт гьабун къачӏана Кӏванада ва Эчеда росабалъ лъималазул ахал, гьенибе бачана лъим, гьабуна гьел хӏухьлаца хинлъизарулеб къагӏида. Гъоркьиса хӏалтӏизе биччана Хонохъ школалда цебе лъималазул ахги.
— Нухазул, лъиназул рахъалъ иш кин бугеб?
— «Дир Дагъистан — дир нухал» программаялда рекъон, Хуштада, Тӏисси-Ахикь, Гъоркь Гьаквари росабалъ ва Инхокъварисан Санкьаде щвезегӏан къачӏан рагӏалде рахъана нухал. Гьенирго жеги гьаризе руго нухлул хӏалтӏаби. Нухазул фондалдаса киналго росабазул администрациязе биччалеб буго гӏарац. Хӏажат буго росдал нухмалъулез, депутатаз бакӏалъул нухазул бетӏергьанлъи чӏезабулел документал («зеленкаби») гьариялъе хӏаракат бахъизе. Гьел гьечӏони, кинабгӏаги хӏалтӏи гьабизе рес букӏунаро. Гьелъие бихьизабун буго гӏарац, гьелде кӏвар кьезе ккела росабазул администрациязул бутӏруз ва ругел ресаздаса пайда босизе хӏаракатги бахъизе ккела.
«Дир Дагъистан — дир лъим» программаялда рекъон, Агъвали-Лъондода-Кӏочӏали лъел мухъ бачана. Гьенир рарал хӏавузазде жанибе лъим биччан гьечӏо, гьелъие бихьизабураб заман щвечӏого букӏиналда бан. Хӏисабалде босун буго исана Инхокъвари-Агъвали-Болъихъ лъел мухъазда тӏад хӏалтӏи гьабизеги.
— Ахирал соназда Россиялдаго машгьурал чемпионалги рахъана нужер районалдаса. Гьезие спортивиял школал раялъе санагӏалъаби гьарулел ругищ? Бугищ республикаялъул бюджеталдаса кумек яги районцоязул квербакъи?
— Республикаялъул Спорталъулгун росдал магӏишаталъул министерствабазулгун дандги бан, Хонохъ спортивияб зал баялда тӏад ургъулел руго ниж. Тӏадран унел руго Агъвали росдал рагӏалда спортивияб майдан баялъул хӏалтӏабиги. Хӏисабалде босун буго Агъвали цӏияб спортивияб комплекс базе ва ДЮСШялда капиталияб ремонт гьабизе. Жеги хӏисабалде босун буго кӏиябго Гьаквари футболалъул майданал разеги.
Тӏисси-Ахикь базе буго гӏемеррахъазулаб спортивияб комплекс (жанибго ретӏел бахъулеб бакӏгун, хӏамамгун цадахъ). Гьединго документазул («зеленка») суал тӏубарабго, Кӏочӏали-ахикь спортивияб майданги гьабизе буго.
«Шагьаралъул санагӏатал шартӏал» программаялда рекъон, Тӏинди ва Гьигьалъ разе руго росдал гӏадамазе хӏухьбахъиялъе паркал. Гьел ва цогидалги хӏисабалде росарал хӏалтӏаби исанаго рагӏалде рахъинаризе жигар бахъила. Халкъалъул божилъи ритӏухъ гьаби ккола дир хӏалтӏул аслияб мурадги.
Дун гӏемерал соназ хӏукуматалъул хъулухъазда хӏалтӏарав чи вуго. Гьеб мехалда цадахъ рукӏарал гӏемерисел гӏолохъаби жакъаги дунгун хӏалтӏулел руго. Баркала гьезиеги районалъул гӏадатиял гӏадамазеги, лъикӏаб ва пайдаяб иш дихъа лъугьун батани, цадахъ лъугьун, гьеб гӏумруялде бахъинабизе квербакъи, малъа-хъвай гьабуралъухъ. Баркала депутатазеги, цадахъаб хӏалтӏухъ. Кидаго дунги битӏарав вукӏунев ватиларо, амма рагӏи – бадибе, тӏил — мугъзада лъикӏ букӏуна, гьеб рекъола нилъеда. Кидаго кколеб батиларо рагӏи данде, амма кинаб хӏукму къабул гьабулеб бугониги, гӏакълугун жавабчилъи цебесеб кьерда букӏуна.
Районалъул администрацияги собраниялъул депутаталги цого мурадалъе гӏоло хӏалтӏулел чагӏи ккола. Гьезул аслияб масъалаги халкъалъул яшав лъикӏлъизаби ва гьелъие шартӏал чӏезари буго. Гьеб рахъалъги баркала буго депутатазеги, росабазул нухмалъулезеги. Дун нечоларо чанги росдал бегавуласул бугин дунги цогидалги гӏенеккизе ва мисал босизе бегьулеб гӏуцӏарухъанлъиялъул лъикӏаб хӏалбихьиян абизеги.
— Щиб дуца гьарилеб нилъерго халкъалъе ва «Хӏакъикъат» газета цӏалулезе?
— Дица кидаго абула нилъер къуват рикӏкӏеналъулъ гуреб, цолъиялъулъ бугилан. Букъараб зар рагьизе захӏмалъула, цо-цоккун килщал рекизе бигьа букӏуна. Нилъер цолъи бихьана 1999 соналъул балагьаб августалда, гъунки бихьизабула нилъеца хӏажалъи ккедал, сундул бугониги гвай тӏобитӏулаго. Гьединлъидал гьарула хадубккунги жеги гъунки.
Интернеталъул къарнуялда газетал щибизеян абулелги камуларо, амма бокьун буго абизе кодоб ккун цӏалулеб газеталъ гӏадаб асар интернеталъ гьабуларин. Хӏаракат бахъизе ккела республикаялъул «Хӏакъикъат» газеталъулгун хурхен кквезе ва гьеб хъвазе.