«Рекӏел ахӏи» рубрикаялде цӏалдолез ритӏун рачӏуна эбелалъулаб капиталалъул, больничнияб тӏанчил ва батӏи-батӏиял пособиязул хӏакъалъулъ гӏемерал суалал. Специалистазухъеги ун, нижеца жигар бахъула гьел суалазе мухӏканал жавабал кьезе.
Гьебго мурадалда, социалиял масъалабазда тӏасан цӏалдолез редакциялде гӏемер ритӏун рачӏунел суалазе жавабал цӏехон ва 2020 соналда мискиналгун сакъатал чагӏазе рихьизарун ругел бигьалъабазул хӏакъалъулъ бицун, нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чӏвари гьабуна ДРялъул социалияб страхованиялъул регионалияб фондалъул управляющиясул заместитель Шарапудин Даришмухӏамадовасулгун.
— Шарапудин, байбихьуда бокьилаан нужерго хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицани.
— Нижер аслияб хӏалтӏи буго гӏадамазе социалияб рахъалъ кумек гьаби. Гьелда гьоркьобе уна социалияб страхованиялъул бигьалъаби гьари ва пособиял кьей. Мухӏканго абуни, нижеца гьарула гьадинал хъулухъал: больничнияб тӏанчида рекъон щолеб гӏарац кьей; бигьалъаби щолел чагӏи санаторияздегун курортазде ритӏи; унтудаса хадуб сахлъи рукӏалиде ккезабиялъе хӏажалъулел техникиял алатал ва сакъатал чагӏазе протезал чӏезари; лъимаде ругезе, гьеб гьабуразе ва лъагӏелгун бащдаб тӏубазегӏан гьелда хадуб хъулухъ гьабиялъул пособиял кьей; эбелалъулаб сертификатазухъ гӏарац кьей; хӏалтӏулел чагӏазе тӏоцебесеб (байбихьул) медицинаялъулабгун санитарияб кумек гьабиялъухъ тӏаде гӏарац кьей; хӏалтӏулел чагӏазул диспансеризация тӏобитӏиялъухъ тӏаде гӏарац кьей; цебе букӏаралдаса тӏаде заралиял ва гӏумруялъе хӏинкъи бугел бакӏазда хӏалтӏулел чагӏазул медицинаялъул цӏех-рех гьабуралъухъ гӏарац кьей.
Палхӏасил, нижеца 2019 соналда къабул гьавуна 25 азарго чи. Кумек гьарун гӏарзаби кьурал чагӏазул 80 проценталъе кьуна техникиял алатал. Гӏага-шагарго 14 азарго чиясе кьуна хӏажалъулел техникиял алатал ва протезал (кресло-коляскаби, подгузникал, протезал, ортопедиялъул хьитал ва гь.ц.).
— Цӏалдолезул гӏарзал руго хӏукуматалъ кьолел пособиял банкалъул «Мир» абулеб карточкаялде рехизе тӏамулел ругилан. Чара гьечӏеблъун кколищ гьеб тӏалаб?
— Пособиялъе бихьизабураб гуребги, хӏукуматалъ кьолеб гӏарац (масала, ЕДВ) чара гьечӏого гьеб карточкаялде рехизе ккола. Масала, жакъа больничниялъухъ абун кьолеб гӏарац рехула хӏалтӏикьолесул счеталде, гьениса гьеб ункъо-щуго моцӏидасан гурони унтун вукӏарасухъе щоларо. Исана тӏоцебесеб июлалдаса нахъе нижеца гьеб гӏарац анцӏго къоялъул болжалалда рехизе буго гьесул «Мир» карточкаялде ялъуни почалде. Гьебго къагӏида букӏине буго киналго пособиял ва цогидаб гӏарцулаб кумек гьабиялъулги.
— Техникиял алатал ва протезал жидецаго росарал чагӏазе хӏукуматалъ гӏарац бецӏулищ?
— 2011 соналъул 31 январалда РФялъул Минздравсоцразвитиялъул № 57н амруялда рекъон, сакъатазе гьеб гӏарац тӏад буссинабула. Гӏарац тӏад буссинабеян гӏарза хъварав чияс, гьелда цадахъ фондалде кьезе ккола: кассалъулаб чек, алаталъул-протезалъул чек, гьелда тӏад букӏине ккола номер ва къо-моцӏ, идараялъул яги вичарухъанасул ИНН, алаталъул тӏубараб цӏар ва къадар, цоялъул багьа, гӏаммаб багьа, вичарухъанасул гъулбас, идараялъул мугьру, сакъатав чиясул паспорт, ИПР (ИПРА), СНИЛС, банкалъул реквизитал яги почалъул адрес.
Документазул халги гьабун, 30 къойил болжалалда жаниб нижеца хӏукму гьабула ва жеги 30 къойил болжалалда квитанциязда бихьизабураб гӏарац рехула сакъатасул счеталде.
— Къотӏи-къаялда рекъон хӏалтӏулей гӏаданалъе, по материнству абун, пособие лъица кьолеб?
— Захӏматалъулаб къотӏи-къаялда рекъон, хӏалтӏи кьолесухъе эбелалъ хъвараб гӏарзаялда рекъон, лъимаде йикӏиналъухъ, лъимер гьабиялъухъ ва лъимада хадуб хъулухъ гьабиялъухъ рихьизарурал пособиял кьола нижер фондалъ.
— Хӏалтӏулаго чорхое ккараб жагъаллъиялъухъ пособие кин кьолеб?
— Халкъияб магӏишаталъул отраслялъул хӏисаб гьабун, страховияб взносалъул тарифалъул роцен бараб букӏуна сахлъиялъе гьабураб заралалда ва гӏумруялъе гьелъул бугеб хӏинкъиялда, ай пособие кьола харжалъул 0,2-ялдаса 8,5 проценталде щвезегӏан.
— Социалиял пособиязул къадар кигӏан букӏунеб?
— 2020 соналда тӏоцебесеб лъимер гьабидал, эбелалъулаб капитал хӏисабалда кьола 466617 гъурущ. Кӏиабилеб лъимер гьабидал – 150 азарго гъурущ. Кӏиябго дандекъан, гьеб бахуна 616617 гъурщиде. Лъагӏелгун бащдаб тӏубазегӏан тӏоцебесеб лъимада хадуб хъулухъ гьабиялъухъ пособие кьола цо роценалда, кӏиабилеб лъимада хадуб хъулухъ гьабиялъухъ – цоги роценалда. Жакъа гьеб ккола хӏалтӏи кьолесул кассаялдаса щолеб харжалъул 40 процент.
Социалиял пособиял кьеялъул кинабгӏаги квалкал гьечӏо. Фондалда чӏезабун буго гьелъие гӏураб къадаралда гӏарац. Жакъа социалиял пособиязул гӏарац кватӏизабиялъул гӏайибияв ккола хӏалтӏи кьолев.
— Хӏажат бугев щивав чиясе кресло-коляска кьезе рес бугищ?
— 2019 соналъул ахиралда кресло-коляска кьеян гьарун, нижехъе гӏарза кьуна 300-350 чияс. Гӏемерисезе гьел щвана. Аслияб квалквал ккола лъагӏалил ахиралда (ноябрь ва декабрь моцӏазда) кресло-коляскаби ричун росиялъул тендерги, контракталда рекъон гьел чӏезариги хадуб гъоларого букӏин.
— Фондалъул сайталда лъун ругел номеразде чанцӏул ахӏаниги, телефон борхуларо…
— Гьелъие гӏилла ккола фондалъул гӏемерканалазулаб телефоналде цого заманалда гӏемерав чияс ахӏи. Гьелдалъун цо-цоязде ирга щоларого букӏуна. Сабруялда ахӏани, нижер оператораз телефон борхула ва бокьараб суалалъе жаваб кьола. Кватӏичӏого фондалъул букӏине буго гӏемерал чагӏазул суалазе цадахъго жаваб кьезе рес бугеб телефоналъулаб бухьен.
— Масала, кресло-коляска цӏидасан кигӏан заманалдасан кьолеб?
— Рокъоб хӏалтӏизабулеб кресло-коляска кьола анкьго соналдасан, къватӏиб пайда босулеб – ункъо соналдасан. Гьеб бекани яги хвани, нижеца гӏуцӏула медицинаялъулабгун техникияб экспертиза ва, хваралъухъ хисун, цӏияб кьола.
— Специалистазухъе ине иргаги щоларого, киназего гӏодор чӏезе бакӏалги гьечӏого, гӏемерал сакъаталги хералги ракӏарун рукӏуна нужер жанахӏалда. Электроннияб ирга гӏуцӏунги, цебеккунго иргаялъул номерал кьунги, бегьуларищ ирга къокълъизабизе?
— Исана нижехъа бажарана гьеб рахъалъ букӏараб гӏадамазул гӏарз лъугӏизабизе. Кинниги, цадахъго гӏемер чи вачӏиндал, ичӏго-анцӏго чи вугеб ирга камуларо ва гьебги лъугӏула сагӏаталда жаниб.
— Рокъоса вахъине кӏоларев сакъатав чиясе тӏагӏелал-алатал росизе вачӏунев чиясухъ кинал документал рукӏине кколел?
— Сакъатасул божилъиялъулаб кагъатгун (доверенность) вачӏунесул паспортги бугони гӏола.
— Кинал хиса-басиял гьаризе ругел 2020 соналда фондалъул хӏалтӏулъ?
— Исана байбихьизе буго роддомазе ва руччабазул консультациязе гӏарац кьолел электронниял сертификатал (родовые) хӏалтӏизаризе. Гьединго гӏатӏидго хӏалтӏизаризе руго электронниял больничниял тӏанчал. Гьелдалъун бигьалъизе буго больницабазул ва поликлиникабазул хӏалтӏи.
— Фондалъул хӏалтӏуе сунца квалквал гьабулеб бугеб?
— Цӏикӏкӏун заман унеб буго сакъатазе хӏажалъулел алатал росиялъул рахъалъ аукцион лъазабиялъе, хадуб гьел росиялда тӏадги. Гьединлъидал цо-цо мехалда нижер рес букӏунаро жиндие жакъа кресло-коляска кьейилан гӏарза хъван вачӏарав чиясул мурад гьебго къоялъ тӏубазе.
— Санаториялдегун курорталде ине путевкаби цӏакъ захӏматго гурони щоларо…
— Гьеб ккола республикаялъул бюджет мискинаб букӏиналъул хӏасил. Гьедин бугониги, нижехъа бажарана 2019 соналда гӏарза кьурав 4000 чиясда гьоркьоса 2500 чиясе санаториялде путевка кьун.
— Хӏажатал алатал ва пособиял кьейилан гьарун, фондалде кин хитӏаб гьабизе бегьулеб?
— «Госуслуги» сайталдасан, МФЦялдасан яги фондалде рачӏун.