ФИЗИКА

Физикаялъул бицунаго, тӏоцебе ракӏалде вачӏуна ХӀI гӏасруялъул ахиралда гӏумру гьабун вукӏарав Исмагӏил ал-Жазари.

Гьев рикӏкӏуна гьанжесеб кибернетикаялъул эменлъун. Ибн Хӏайсамица (965-1051) хъвана дунялалдаго цӏар рагӏараб «Горюнтюлер Китаби» абураб хӏалтӏи ва гьев ккола физикаялъул цо бутӏалъун кколеб оптикаялъе кьучӏ лъурав чи. Гьесул хӏалтӏудаса пайда босулаан Европаялда рукӏарал гӏалимзаби Бэконица, Кеплерица, Леонардица ва цогидазги.

Фараби (870-950) абулев гӏалимчияс баян кьуна гьаркьие, ай бихьизабуна физикаялда гьеб щиб кколебали. Ибн Карара (хвана 1100 соналъ) ккола тӏоцебе харатӏалъул станок ургъарав чи.

Инсанасда воржине кӏолеблъи чӏезабулеб букӏана Исмагӏил Жахӏравица (950-1010). Амма гьесул анищ гӏумруялде бахъинчӏо, битӏун гӏелмуялъул завалалде вахиндал къадаралде щвана. Гьесул анищин абуни гӏумруялде бахъинабуна Хезарфен Ахӏмад Челебица XVII гӏасруялда. Гьес ургъараб алаталъул кумекалдалъун инсан гьаваялдасан воржана Стамбулалда.

Хӏасан Челебийин абуни рикӏкӏуна ракетаби ургъиялъе кьучӏ лъуравлъун. Ракетаялъе хӏажалъулеб цӏатариялъул кумекалдалъун «зодове» воржарав гӏалимчи ккола гьев. Гьев «зодовеги» воржана Мурад-султӏанасе яс гьаюраб къоялъ.

Эвлия Челеби абулев гӏалимчияс хъвалеб буго Хӏасаница гьаваялде вахъунелъул ахӏанила падишагьасде мун толев вугин Бетӏергьанасда божилъи гьабун абун. Саламатаб манзилалъги боржун, гьев тӏад рекӏараб алат, гамачӏ гӏадин ракьалде бортун бачӏунеб мехалда, киназдаго ракӏалде ккун букӏун буго гьанже гурони гьанже гьев ракьалда речӏчӏилин. Амма Хӏасаница жинцаго ургъараб парашютги рагьун, гьев бигьаго рещтӏун вуго ракьалда.

«Планер» тайпаялъул боржунеб алат ургъарав чи ккола ибн Фирнас. Гьебгиха 850 соналда. Бакътӏерхьул Европаялдайин абуни вацал Райтал тӏоцере «зодоре» роржана гӏицӏго 1903 соналда.

Физикаялъул тӏахьазда хъван буго ракьалъул жиндего тӏаде цӏалеб хасият букӏин тӏоцебе Ньютоница загьир гьабунин. Амма тарихалде раккани гьелъул бицунеб буго ар-Рази, ал-Беруни ва ал-Хазини гӏадал гӏалимзабаз. Гьединлъидал ракӏчӏун абизе бегьула ракьалъул щибго жо жидерго тӏаде цӏалеб хасият букӏин бусурбабазул гӏалимзабаз Ньютон гьавилалдего чӏезабун букӏараблъи.

Сагӏтил хьвади рекъезабулеб чарх ургъарав чи Галилей (1564-1642) вугин малъула школазда. Хӏакъикъаталдайин абуни гьединаб сагӏат ургъарав чи ккола ибн Юнус (1009 сон).