Малайзиялда цӏа свинабулез хвасар гьабуна чахъу къулчӏараб анлъго метр халалъи бугеб питон-борохь.

Гьелъ цин хӏанчӏана рехъенгун цадахъ кваналеб букӏараб къинаб чахъдада, хадуб гьеб цадахъго къулчӏана. Гьедин гӏорцӏизегӏан кванараб борхьихъа бажарана рехъен кваналеб букӏараб авлахъалдаса нахъе хъурщизе, амма шагьранухкъотӏун унаго гьелъул къуват лъугӏана. Кампунг Джабор росдал гӏадамазда гьеб бихьидал, гьез цӏа свинабулезул къокъа ахӏана хӏинкъи бугеб бакӏалдаса борохь нахъе бачине. Гьелъ кванараб гӏиялъажогун цадахъ борхьил цӏайи букӏана 90 килограмм. Цӏа свинабулез гьеб зоопаркалде щвезабуна. Гьениб ветеринараз гьеб хвасар гьабуна. Гьелъул администрациялъ хӏукму гьабизе буго борохь гьенибгойищ телеб яги эркенлъуде биччанищ телебали. Аслияб къагӏидаялъ питоназ кванала гӏисинал крокодилал, гӏункӏкӏал, кьинччал. Дандекъараб къагӏидаялъ питоназул кванирукъалъул диаметр берзулалдаса гьитӏинаб буго. Амма хӏажалъи ккани, гьеб цӏан бачӏуна антилопацин жанибе унедухъ. Жиндирго къуваталъул хӏисаб гьабичӏого кванаялъ цо-цо мехалъ питоназул кванирукъ бихъулеб буго.