Инсанас гӏумру гьабула гӏицӏго жамгӏияталда, гӏаламалда гьоркьоб. Гьединлъидал инсан кидаго вукӏуна цогидал гӏадамазулгун гьоркьоблъиялда. Жидерго пикраби, анищал, рекӏел асарал цоцазе баян гьаризе, гӏадамаз кидаго хӏалтӏизабулеб алатлъун ккола мацӏ.

Мацӏ щулаго бухьараб буго жамгӏияталдаги гӏадамазул гӏакълуялдаги. Мацӏалъ кумек гьабула жамгӏият, гӏелму, техника ва маданият церетӏезариялъе. Гӏадамазда гьоркьосеб бухьен бихьизабулеб алат хӏисабалда мацӏ щулаго бухьараб букӏуна гьеб бицунеб халкъалъул гӏумруялда. Халкъалъул гӏумруялъулъ хиса-басиял ккани, гьеб мацӏалъулъги ккечӏого хутӏуларо.

Дунялалда буго анкьазарго-гӏанасеб мацӏ, амма щивав чиясда лъазе кколеблъунги бищунго къиматаблъунги ккола рахьдал мацӏ. Рахьдал мацӏалъ нилъее кумек гьабула дуниял ва гьелъул лъугьа-бахъинал, гӏадамазул гӏумру ва рукӏа-рахъин, гӏакълу-лъай цоцахъе кьезе, халкъалъул гӏадатгун тарих лъазабизе.

Умумуз абулаан, «гӏараб мацӏ пасихӏабин, парс мацӏ берцинабин» абун. Амма Хъахӏабросулъа Махӏмудица бихьизабуна «гӏараб мацӏалъул пасихӏлъиги парс мацӏалъул берцинлъиги» магӏарул мацӏалъулъги бугеблъи.

Дица гӏажаиблъи гьабула, рахьдал мацӏалда кӏалъалаго, гӏурус мацӏалъул рагӏабиги гъорлъе журан кӏалъалел гӏадамазда. Дида ракӏалде ккола нилъ кӏалъазе кколин берцинаб, пасихӏаб магӏарул мацӏалда. Гьелъ кумек гьабула рахьдал мацӏалъул бечелъи цӏунизе ва гьеб хадусеб наслуялъухъе кьезе.

Щибаб миллаталъул букӏуна жибго бетӏергьанаб мацӏ. Гьеб ккола миллаталъул бечелъи. Мацӏ бечедаб бугебгӏан, миллатги бечедаб букӏуна. Гьелда гъорлъ ратула синонималги, омонималги, антонималги, берцинал рагӏабазул сокӏелалги.

Щивав чиясда тӏадаб буго жиндирго мацӏалда кӏалъазеги хъвазеги лъазабизе. Литературияб мацӏалда битӏун кӏалъазеги хъвазеги лъалеб бугони, гьеб ккола тӏадегӏанаб даражаялда рахьдал мацӏ лъалеб букӏин.

Рахьдал мацӏ цӏуниги гьеб цебетӏезабиги гьанжесеб нилъер гӏумруялда Жаниб кӏвар бугеб суал ккола, щайгурелъул инсанияталда гьоркьоб лъугьунеб иш мацӏ бициналдалъун лъугьуна. Мацӏ цебетӏечӏони, церетӏоларо гӏелмуги, техникаги, маданиятги. Гьединлъидал нилъее бокьизе ккола нилъерго мацӏги, Ватӏанги, маданиятги. Гьеб бокьизе ккани, цӏализе ккола Цӏадаса Хӏамзатилги, Расул Хӏамзатовасулги, Фазу Гӏалиевалъулги, цогидазулги

асарал.

Цо-цо гӏадамаз, рахьдал мацӏ бицунаго, хӏалтӏизарула кигӏан хӏажат гьечӏониги, батӏияб мацӏалъул, хасго гӏурус мацӏалъул рагӏаби. Къваригӏелго гьечӏого хӏалтӏизарурал чияр мацӏалъул рагӏабаз рахьдал мацӏ хвезабула. Хасго гьеб тӏибитӏун буго гӏолохъанаб гӏелалда гьоркьоб. Дандчӏвала жидерго рахьдал мацӏалъул хӏурмат гьабуларел, рахьдал мацӏги rlypyc мацӏги жуба-гъубазабун бицунел дагъистаниялги. Рачӏа нилъеца нилъерго мацӏги маданиятги, ясбер гӏадин, цӏунизин!

«РФялда лъайкьеялъул хӏакъа-лъулъ» абураб къануналда рекъон, аслияб масъала ккола гӏемермиллатазул мацӏги, маданиятги, гӏадаталги цӏуни. Багьа цӏикӏкӏараллъун ккола нилъер халкъалъул ва умумузул гӏадаталги, махщелчагӏазул тӏагӏелалги, халкъалъул кӏалзул гьунаралъул асаралги.

Бачӏунеб гӏелалъухъе ирсалъе кьезе кколеб бищун аслияб хазина ккола мацӏ. Щайгурелъул рахьдал мацӏалъ бихьизабула миллаталъул маданият, мацӏалъулъ загьирлъула халкъалъул ургъелал, гӏамал-хасият. Гьеб кинабго цӏунизе ккани, цӏунизе ккола рахьдал мацӏги гьелъул цебетӏейги.

Расул Хӏамзатовасул творчествоялда жаниб аслияб бакӏ ккола мацӏ ва халкъалъул маданият цӏунизе ккеялъул бицунел асараз. Гьеб ра-хъалъ мисаллъун ккола шагӏирасул «Авар мацӏ» абураб кечӏги. Гьеб ккола миллаталъе гьечӏого гӏолареб нахърател, нахъарукъ, гьансито.

«Амма гьал кьурабалъ

улкаялъ тарал

Мактабазда гьеб мацӏ

малъизе ккела.

Гьеб рекъараб буго

нилъер халкъалда,

Черхалда борчараб

рачел киниги», — ян хъвана шагӏирас.

Рахьдал мацӏ бацӏцӏадго бицине лъалеб бугони, нилъеда лъала пасихӏго кӏалъазе, кучӏдул цӏализе, харбал рицине, кицаби тӏамизе, бицанкӏаби чӏвазе.

Нилъер мацӏалъул гъварилъуде раккани, нилъергӏан пасихӏаб мацӏ батиларо.

Гьанжесеб гӏелалъул цо-цо гӏадамаз бацӏцӏадго бицунаро магӏарул мацӏ. Гьез жигар бахъуларо я рокъоб, я школалда гьеб лъазабизе. Гьел кӏалъала рекӏинчӏеб гӏащтӏиялъ цӏул бичӏулел чагӏи гӏадин.

«Щай дие къваригӏун

бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани

дир лъималахъа?

Щай дий магӏаруллъи,

магӏарул чагӏаз

Чияр мацӏ бицунеб

жидерго гъасда?»

(Р. Хӏамзатов)

Вай, дир пасихӏаб авар мацӏ! Мун гьечӏони, рахьи кин балеб, зигара кин гьабилеб, гьоболлъухъ кин рещтӏинев, кечӏ кин ахӏилеб?

Шагӏирзабаз ва хъвадарухъабаз тараб авар адабият лъица цӏалилеб? Мацӏ лъалеб гьечӏони, нилъер «Хӏакъикъат» газета лъица цӏалилеб? Расулица абун буго: «Нужеца мацӏги цӏарги кӏочене тани, лъица цӏализе ругел къватӏире риччарал дир тӏахьал?» — ан.

Миллаталги мацӏалги гӏемер-лъиялъ берцин гьабула Дагъистан, хӏатта Россиягицин. Мацӏал батӏи-батӏиял рукӏаниги, дагъистаниязул анищалги хьулалги цохӏо руго. Мацӏазул гӏемерлъиги гӏадамазул цолъиги – гьеб букӏана Россиялъул аслияб чӏухӏиги, тӏадегӏанлъиги, борхалъиги.

Гӏакълу дагьал цо-цо гӏадамаз абулеб буго, рахьдал мацӏ лъачӏониги тӏубалин абун. Гьеб мехалъ тӏагӏуна халкъалъул адабги, гӏаданлъиги, цоцазул гьабулеб хӏурматги, умумузул бахӏарчилъиги. Гьединал гӏадамаз нилъер мацӏалдаги миллаталдаги тӏад роржанхъизарулел руго чӏегӏерал накӏкӏал. Гьез бицунеб буго, лъималазе бокьани гурони, рахьдал мацӏал малъизе кколарин абураб загӏипаб хабар. Бахъуге халкъалъухъа Тӏадегӏанас кьураб рахӏмат! Биччанте школазда рахьдал мацӏ малъи тӏадаблъун гьабизе! Гьеб мацӏ нилъехъа бахъани, букӏине гьечӏо нилъер адабиятги маданиятги. Батиладай хадусел наслабазда нилъер гъасда эбелалъулаб хинлъиги инсулаб тӏалабги?

Нилъер бахӏарчиял умумуз нилъехъе кьураб бищун хирияб хазина буго рахьдал мацӏ. Гьеб нилъехъа бахъани, тӏагӏуна миллат.