Гьал къоязда гӏумруялъул 105 сон тӏубай кӏодо гьабизе буго Мухӏамад Махуловас. Гьев хӏалтӏана партиялъул Хунзахъ, Гъуниб, Хьаргаби, Казбек райкомазул тӏоцевесев секретарьлъун, ДАССРа-лъул Халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председателасул тӏоцевесев заместительлъун. Вищун вукӏана СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, КПССалъул XХӀV съездалъул делегатлъун, щуго нухалда – ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, 20 соналъ вукӏана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул членлъун.

Кӏудияб Ватӏанияб рагъул соназда улкаялъул Тӏадегӏанав командующиясул рахъалдасан щвана кӏиго баркала, мустахӏикълъана Социалистияб Захӏматалъул бахӏарчиясул цӏаралъе, Ленинил кӏиго, «Захӏматалъулаб Багӏараб Байрахъалъул», «Хӏурматалъул гӏа-ламат» орденазе, гӏемерал медалазе ва Хӏурматалъул грамотабазе. Гьев ккола ДРялъул бетӏерасда цебе бугеб Херазул советалъул ва рагъулгун захӏматалъул ветераназул Дагъсоветалъул президиумалъул членги.

Гьал къоязда нижер мухбир дандчӏвана Мухӏамад Махуловгун.

— Мухӏамад, 23 февралалда дуца 105 сон бала. Доб заманалда росабазул советал рукӏинчӏелъул, гьединал хъвай-хъвагӏаял гьарулел рукӏанадай?

— Хунздерил гӏадат букӏана лъимер гьабидал Къуръаналъул тӏанчазул рагӏалда лъие лъимер гьабурабали хъвалеб. Дун гьавураб къоялъги Къуръан цӏалулев вукӏарав Мухӏамад абулев чияс, дун гьавунин рохалилаб хабар бициндал, жинцаго цӏалулеб букӏараб хирияб тӏехьалъул тӏанчил рагӏалда хъван батана Махуласе вас гьавураб къо-моцӏ, сон.

— Щал рукӏарал дур эбел-эмен? Нужер фамилия кин бачӏараб?

— Хӏуригат бахъилалде дир эбел-инсул рукӏана 16 къали хьалеб хурги, оцалги, чуги, хӏамаги. Ватӏаналъе хӏинкъи бугилан гӏурус пачаясул ахӏи бачӏиндал ва нужеего бокьун ватӏан цӏунизе къватӏире рахъаян улкаялъул бетӏерас абидал, Япониялъулгун рагъде унев Хунзахъа 78 гӏолохъанчиясда гьоркьов вукӏун вуго дир эменги. Нижер фамилия бачӏиналъе ккун буго гьадинаб гӏиллаги: цо рагъулъ инсуда речӏчӏараб гулла, тункӏил рачелги тӏезабун, тункӏидаги щун нахъе кӏанцӏун буго. Гьеб бихьарав, инсуда цадахъ вукӏарав цо тӏанусисес абун буго: «Вагь, Маххулав, мун киданиги хвезе гьечӏо», — ян. Инсуда батӏияб цӏар букӏана, амма гьелдаса нахъе гьесда Махулав абураб цӏар рекӏана. Нижер фамилия гьедин бачӏараб буго. Дагъистаналда граждан рагъ бугеб заманалда советияб власталъул рахъалдаги чӏун вагъана дир эмен, гьев вукӏана багӏарав партизан.

— Лъимерлъуда, гӏолиллъуда щивлъун вахъине бокьун букӏараб?

— Хунзахъ росдал опорнияб школалда дун цӏалулеб заманалда дие дарсал кьолев вукӏана Зайирбег Гӏалиханов. Гьес гӏемераб хӏалтӏи гьабуна авар халкъалъул абиял, биценал, кицаби ракӏариялъе. Школалда цӏалулеб заманалда дица гӏемер пикру гьабулаан Зайирбег Гӏалиханов гӏадинав учитель дир вахъинародаян.

Гьедин педагогикиял курсал лъугӏизарурав дун хӏалтӏизе витӏана Гӏоротӏа росдал школалде. Гьенив директорлъун хӏалтӏулев вукӏана Мухӏамад Гӏабдулмажидов. Гьес дида гӏемераб жо малъана, лъазабуна, лъай кьеялдехун дилъ рокьи бижизабуна. Харахьи росдал школалда хӏалтӏулеб мехалда дир дарсиде вачӏана районалда хӏалтӏулев вукӏарав цо жавабияв хӏалтӏухъан – гӏурусав. Дица кьураб дарсги бихьун, гьес дида абуна районалъул лъай кьеялъул отделалъул (райОНО) нухмалъулевлъун хӏалтӏизе вачӏаян. Дица гьесда абуна, дир гьеб хъулухъалъе гӏураб лъай гьечӏин, амма Хунзахъ гӏумру гьабулел дир эбел-эменги ругелъул, хӏалтӏизе вачӏине бокьилаанин. Гьеб идараялда маданияталъулгун лъай кьеялъул инспекторлъун хӏалтӏулев вукӏана Цӏадаса Хӏамзатги. РайОНОялъул нухмалъулевлъун вукӏана Мухӏамад Къебедовги. Дица гьел рикӏкӏуна дирго учительзабилъунги.

— 1940 соналда мун, 25 сон барав гӏолохъанчи, ВКП(б)ялъул Хунзахъ райкомалъул кадрабазул рахъалъ секретарьлъун вищун вукӏана, хадув 1943 соналъул марталда вищана партиялъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъунги. Цогидал кандидатураби рукӏинчӏогойищ?

— Гьеб заманалде дун района-лъул гӏолилазул цевехъанлъунги лъай кьеялъул органазда хӏалтӏарав хӏалбихьи бугев чилъунги вукӏана. Гьединлъидал дун районалъул коммунистаз цин райкомалъул секретарьлъун, хадув тӏоцевесев секретарьлъун вищана. Дица гьезул божилъи ритӏухъ гьабунилан ккола. Гьеб хъулухъалде рищизе доб заманалда цогидал кандидатурабиги рукӏинчӏо.

— Рагъул соназ кинаб хӏалтӏи гьабураб партиялъул райкомалъ? Багӏараб Армиялдаса лъутарал, советияб власталъул бакӏалъулал органазде данде къеркьолел гӏадамал гӏемер рукӏанищ районалда?

— Районалъул захӏматчагӏаз гӏемераб тӏощел, гӏи-боцӏи, бакъвараб гьан, месед-гӏарацалъул тӏагӏелал, гӏарац кьуна фронталъе. Партиялъул райкомалъ жиндирго хӏалтӏи гӏуцӏун букӏана «Кинабго фронталъе, кинабго бергьенлъиялъе гӏоло!» абураб ахӏиялда гъоркь. Дида киданиги кӏочонаро 1944 соналъул ихдал Дагъистаналъул Совнаркомалъул председательлъун хӏалтӏулев вукӏарав Гӏабдурахӏман Данияловас тӏобитӏараб цо данделъи. Аслияб къагӏидаялда гьенире ахӏун рукӏана магӏарул районазул партиялъул комитетазул тӏоцересел секретарал. Гӏ Данияловас жиндирго кӏалъаялда абуна: «Бахӏарчиял умумузул ирсилазда, ай нилъеда, лъикӏаб цӏарчӏван гьечӏо ва 1924, 1925, 1926 соназда гьарурал гӏолохъаби жидеего бокьун Кӏудияб Ватӏанияб рагъде ине ккола. Гьеб хӏалтӏи нухда бичине нуж районазде хехго тӏадрусса», — ян. Гьеб данделъиялда дунги цогидалги кӏалъана ва жиде-жидер районазда цебе лъураб масъала тӏубазабизе тӏадеги босана. Дица партиялъул райкомалъул кӏиабилей секретарь Залму Гьитӏиновалъухъе телефоналдасан ахӏана, метерго гӏолохъаби Хъалаялъуб бугеб школалъул клубалде ракӏареян. Дун эхеде щведал, гьениве унелъул дандчӏвана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзат. Дица цадахъ гьевги вачана. Гьенив данделъун ватана рагъде ине бокьарав 203 гӏолохъанчи. Цӏадаса Хӏамзатица ва дица районалъул гӏолохъабазде хитӏаб гьабуна. Гьенир кӏалъазе рахъана Хунзахъ росулъа Хӏосенхӏажи Атаев, Мухӏамагӏали Махулов, Хьиндахъа Жамал Хӏасанов ва цогидалги. Гьез лъазабуна жал Ватӏан цӏунизе къватӏире рахъине, хӏажалъани, жидерго гӏумру кьезеги хӏадур ругилан. Гьедин гьабуна цогидал районаздаги. Дагъистаналдаса квешаб цӏар нахъе бахъана.

Районалда рагъулал соназда лъикӏ хӏалтӏулеб букӏана истребительнияб батальонги. 1945 соналъул ихдал лъугӏизабуна гьелъ жиндирго хӏалтӏи. Ункъо соналъ гьелъул комиссарлъун вукӏана дун. Гьелъ къватӏир чӏвазаруна фронталде ине бокьичӏого рахча-хьван рукӏарал, рагъдаса лъутун рачӏарал хъачагъал.

— Кӏудияб улка ва гьелъул

цебехъан КПСС биххиялъе гӏайибияллъун гӏицӏго Горбачевгун Ельцинищ рукӏарал? Гьелъие гӏиллаби батӏиял рукӏинчӏодай?

— Кӏиго чиясда СССРги, гьелъие нухмалъи гьабулеб букӏараб партияги биххизабизе кӏвелароан. Гьезул рахъ кколел, гьезда тӏад рекъолел чагӏиги дагьал рукӏинчӏелъулха. Партиялда ва улкаялда жанир рикьалаби ккана. Цӏигьабун гӏуцӏиялде, кинабго рагьун бициналде, демократиялде гӏадамал хӏадур рукӏинчӏо, партиялъул гьел ахӏиял халкъалда ричӏчӏичӏо. Улкаялда реформаби гьаризе кколаан. Референдумалда СССР цӏунизе кколилан халкъалъ абуниги, биххичӏого хутӏичӏо гучаб улка.

— Гьанже улкаялда гӏемерал партиял рукӏин лъикӏищ бугеб яги квешищ? Гьанже ругел партиязул кинаб дуе гӏагараб бугеб?

— Гӏемерал партиял рукӏин лъикӏ гьечӏо. Улкаялда цо яги кӏиго партия букӏине ккола. Дие цонигияб партияги гӏагараб гьечӏо, гьезул кьеразулъе лъугьине дир къасдги ккечӏо. Дун цо партиялде лъугьун вукӏана, хвезегӏан гьелъие ритӏухъавги вукӏине вуго, партбилетги цӏунун буго.

— Исламияб диналдехун кинаб бербалагьи букӏараб ва бугеб?

— Исламияб диналъул лъикӏав гӏалимчи вукӏана Харахьиса Гӏумар. Дун гьесда цеве цӏалана, лъугӏизабуна Къуръан, хадуб «Мухтасарги». Дун кидаго божулаан Аллагьасда. Рес рекъон какги течӏо, кӏалги ккуна. Тӏадегӏанас щивав бусурбанчиясда тӏад лъурал парзал тӏуразарула гьанжеги.

— Мун разияв вугищ дуца нахъа тараб гӏумруялъулаб нухдаса?

— Гӏемераб хӏалтӏи гьабун бажарана божилъиги гьабун дун хӏалтӏизе витӏарал районазда. Дагъистаналъул тарихалъулъ дир гӏумруялъ лъикӏаб бакӏ кквезе бегьула. Дица дунго талихӏав чилъунги рикӏкӏуна. Аллагьасе рецц буго, 105 сон базегӏан чӏаго хутӏана. Дида лъан гӏадамасе зарал ккезе течӏо, бажарараб кумек гьабуна, пайдаявлъун вукӏине хӏаракат бахъана.

— Дурго ва дуца гӏумру гьабураб заманалъул, машгьурав политикияв ва жамгӏияв хӏаракатчи Мухӏамад Махуловасул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе ракӏалда гьечӏищ дуда?

— Тӏехь хъван гьанже бажариларо. Канлъи дагьлъулеб, дунго херлъун вуго. Дида ракӏалда букӏана тӏехь хъвазе, амма жакъа-метерилан нахътӏамун хутӏана. Цогидаздаги хъвазабун, тӏехьалда гъоркь дирго цӏар хъвазеги къабуллъиларо. Дир хӏакъалъулъ тӏехь хъван букӏана хъвадарухъан ва журналист Мухӏамад Шамхаловас. «Кӏудияб гӏумруялъул къоял» абураб тӏехьалда дир фамилия хисизабун Маргъаловилан кьун буго, хисизабун буго дун партиялъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏараб района-лъул цӏарги.