Истамбулалъул аэропорталда, рокъое йоржине заман щвезегӏан балагьун чӏарай дида аскӏовеги вачӏун, гӏодов чӏана батӏияб пачалихъалъул вукӏин бихьулев, берцинго ретӏа-къарав бихьинчи.

Дихъги валагьун, жиндирго мацӏалда цо жо цӏехолеб букӏана гьес. «Ислам» абураб рагӏиги такрарлъулеб букӏана гьесул кӏалъаялъулъ. Щибго бичӏчӏулеб гьечӏин абун квераз ишанги гьабун, кӏварго кьечӏого тана дица гьев. Цинги жиндирго телефоналда, яндекс-таржама гьабулеб программаги рагьун, бичӏчӏизабуна гьес дида жиндирго мурад. Гьес жиндирго мацӏалда хъвараб жо, дие гӏурус мацӏалда бачӏунаан таржама гьабун. Гьедин ричӏчӏана ниж цоцазда. Гьев вугоан Франциялда гӏумру гьабулев Италиялдаса, исламияб дин босарав Кристиан Вейчел. Гьес цӏехолеб букӏун буго дида, дун бусурманай гӏадан йигищилан. Гьес бицана дие, жинца дин босиялъе ккараб сабабалъулги.

Гьанжеялдаса лъабго соналъ цебе гьесул лъади авариялдеги ккун хун йиго. Нахъе хутӏун буго лъабго сон бараб цо, жеги лъагӏел бачӏеб кӏиабилеб лъимер.

Гӏодун чӏолареб гьитӏинаб лъимада щиб гьабилебали лъаларого вугев гьав, мадугьалихъ йигей лъимал гӏемерай гӏаданалъухъе ун вуго кумек гьарун. Гьей йикӏанин бицана гьес Дагъистаналдаса бусурманай гӏадан, апараглъиялде Франциялде ккарай. Амма гьесие бусурбаби киданиги рокьулел рукӏун гьечӏо. Эбел хун хутӏарал жиндирго лъималазул ургъалилъ вугев гьесие, инкар гьабичӏого, кумек гьабизе яхъарай гьей бусурманай мадугьалалъул гӏаданлъиялъ къоял анагӏан гӏажаиблъизавунин живилан бицана гьес.

Дица гьесда цӏехана, щай дуе бусурбаби рихарал рукӏаралин.

«Щаяли лъаларо, амма дие киданиги рокьулароан бусурбаби ва исламияб дин. Амма дун мекъи вукӏун вуго, гьанже къойил щуябго какги бала дица. Квешлъиги лъиениги гьабуларо ва гьабизе ракӏалдаги гьечӏо. Дида исламияб дин бищун бацӏцӏадаблъун бихьана. Гьанжелъизегӏан гьеб щайдай дида лъачӏоян ракӏ бухӏун букӏуна дир. Дир гьудулзаби релъулел рукӏунаан дида тӏад, дун хӏажатханаялъуве лъел шишаги босун унев вихьараб мехалъ. Дица бицана гьезие ислама-лъул бацӏцӏалъиялъул, хӏажатханаялъубе лъим босиялъул магӏнаялъул. Дагь-дагьккун гьезул гьурмадаса релъиги тӏагӏана, гӏенеккунги чӏун, цоцазухъги ралагьун, хӏикмалъун хутӏана. Гьелдаса хадуб, дир лъикӏав гьалмагъасги босана ислам», — ин бицана Кристианица. Гьей Дагъистаналдаса бусурманай гӏаданалъул хъизамалъул баракаталдалъун цо чанго чи бусурманлъунги вуго гьенив.

Дица киса, щиб шагьаралдаса гьей гӏаданалъул хъизамилан цӏехедал, гьесда бицине лъачӏо гьезул росу-ракь. Цого-цо гьесда лъалеб жо бугоан гьей «аварай» йикӏин. Бицанагӏан бицине бокьулеб букӏана Кристиание бусурбабазулги гьезул гӏумруялъулги хӏакъалъулъ. «Дица дирго лъималги гӏезаризе руго бусурбабилъун. Руччабиги гьезие рачине руго, Аллагьас хъван батани, исламияб диналъул, щайгурелъул нижеразда данде ккун исламияб диналъул руччабаз росасе гьабулеб хъулухъ, адаб-хӏурмат, къимат тӏадегӏанаб даражаялъул буго», — ян абуна гьес.

— Дуца исламалда рекъараб цӏарги хисизе ккелаха, — ян дица абидал, гьелда тӏадги жив ургъизе вугин абуна италиялъулас.

Гьев батӏияб пачалихъалъул бусурманлъарав чияс бицаралъ цӏакъ асар гьабуна дие.

Кир ругониги, лъикӏаб мисалаздалъун исламалде гӏадамал цӏазе, Аллагь разияб гӏамал гьабизе тавпикъ кьеги бусурбабазе.