Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) хӏадис буго: «Инсан хвараб мехалда гьесул кинабго гӏамал къотӏула, лъабгояб хутӏизегӏан. Гьеб лъабабго гьоркьоса къотӏичӏого хьвадулебги букӏуна – халкъалъе гӏаммаб маслихӏат бугеб бакӏалде жиб буссине гьабураб (лъим бачине, нухал къачӏазе, мажгит, кьо базе) садакъа; гӏадамазе пайда бугеб лъай кьей; жидеца гӏелмуялда рекъон гӏамалги гьабулел, жиндие дугӏаги гьабулел лъимал гӏезари». (Имам Муслим).

Нилъ хун хадуб кириги халкъалъул баркалаги къотӏулареб хӏалтӏи гьабулел гӏадамал ни-лъеда сверухъ дагьал гьечӏо. Жакъа къоялда жаниб хӏажатаб, хадусеб гӏелалъеги мисаллъун хутӏулеб хӏалтӏи гьабулеб буго ахирал соназда ДРялъул муфтияталъул мугӏрузул районазда ругел вакилзабаз. Районазул имамзабазухъа ва исламияб лъай кьеялъул отделазухъа бажарана пачалихъиял лъай кьеялъул идарабигун цадахъ рекъон хӏалтӏизеги. Жакъа гӏемерисезда бихьулебги батила щибаб районалъул росабалъ исламияб лъаялде кӏвар кьолеб букӏин. Халкъ лъикӏлъиялде цӏалел вагӏза-насихӏаталги гӏемер гьарулел руго. Диниял хӏаракатчагӏаз гьабулеб хӏалтӏи гьанже киназдаго социалиял гьиназдаса, батӏи-батӏиял информациялъул алатаздаса бихьизе рес буго. Дин тӏибитӏизабизе гьукъарал соназда как-кӏалалъул кириги, исламалъул лъикӏлъиги букӏунеб хӏалалда бичӏчӏулеб букӏун батичӏони, жакъа щивав чиясе рес буго гьелъул гъварилъуде раккизе. Цӏияб гӏелалъе битӏараб тарбия кьеялъулъги кӏудияб бакӏ кколеб буго диниял гӏуцӏабаз. Ясли-ахаздасанго байбихьун лъимал ругьун гьарулел руго как базе, Къуръаналъул аятал битӏун цӏализе, иман-ислам лъазабизе.

Динги магӏишатги цадахъ бачуна

Диниял гӏуцӏабазул баракаталдалъун росабалъ ралел руго мадрасаби ва мажгитал. Динияб рахъалде ракӏал руссараб жамагӏат росабалъ букӏинчӏебани гьебги захӏмат букӏинаан. Росдал администрацияги, диниял хӏаракатчагӏиги, жамагӏатги цадахъ рекъон хӏалтӏун, ахираб чанго соналда жаниб Гӏахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ бана лъабго мажгитги мадрасаги. Росулъ щивасул рокъобе лъим бачана, магъилъе цӏияб нух бахъана, цӏидасан гӏатӏид гьабун къачӏалеб буго росулъа жанисан унеб нухги.

Ингердахъ росулъ 270-ялдаса цӏикӏкӏун цӏараки буго. Цогидал росабалъа гӏадин, ингердахъел гӏатӏиракьалде гӏемер гочунаро. Боцӏи-панз хьихьун, хур-харил хӏалтӏи гьабун, хӏалалаб чедги кванан, нилъерго ватӏаналда гӏумру гьабун лъикӏилан абула кӏудиял чагӏазги. Шагьаралда мина базе ва гьенире гочине дагьабгӏаги рес рекъарал гӏолилазгицин росулъ жидерго мина-карт чӏунтизе толаро. Хӏатта шагьаралда гӏумру гьабун ругел цо-цояз жидерго эбел-инсуде гӏагардегӏан рукӏине бокьиялъ росулъ цӏиял минаби рала яги басриял къачӏала.

Кигӏан рикӏкӏада ругелги шагьаразда гӏумру гьабулел росуцоял гӏидалъул къоялъ гӏагарлъиялъухъе, умумузул хабаде щвезе рачӏинчӏого чӏоларо. Росулъ букӏараб аслияб мажгиталда бакӏ къваридго букӏунаан гӏидалъул къоялъ как базе рачӏаразе. Гьединлъидал росдал цеве вукӏарав имам, жамгӏияв хӏаракатчи Рамазан Макъсудовасул жигаралдалъун жамагӏат разилъана мажгит кьучӏдасанго биххун цӏидасан базе. Росдал имам Гӏабдула Мажудиновасги кӏудияб хӏаракат бахъана мажгит баялъе. Гьеб бан лъугӏизегӏан гӏадамал хьвадулаан росдал цояб авалалда бугеб гьитӏинаб мажгиталде. Гьанже кӏудияб мажгиталда 750 чиясе гӏураб бакӏ буго. Гьединго росдал рагӏалда бугеб школалда аскӏобги бана цоги авал мажгит. Цӏалдохъабазе ва учительзабазе как базе цӏакъ квегӏенаб бакӏлъун лъугьана гьеб. Какил заманалда росдал мажгитал чӏорогоги хутӏуларо.

Квараналъ кьураб садакъа квегӏалда лъазе течӏого

Абу Гьурайратидасан бачӏараб хӏадисалда Аварагас (с.т.гӏ.в.) абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ Аллагьасул рагӏдукь рукӏунел гӏадамал ккола жидеца садакъаги кьурал, гьебги балъго тарал, хӏатта кваранаб квералъ кьураб жо жидер квегӏаб квералдацин лъазе течӏел». (Муслим). Аварагас малъухъе, балъго гьабуна ингердахъез мажгитал къачӏаялъе кьолеб садакъаги.

Ахирал соназда росуго цадахъ лъугьун хабалги къачӏана. Росдал бегавуллъун вукӏарав Асадула Хӏажиевасул квербакъиялдалъун ва Рамазан Макъсудовасул жигаралдалъун, пачалихъалъул кумеки гьечӏого, жамагӏатго цадахъ лъугьун лъим бачунел рогӏрал хисана ва канализация бачана.

Афгъаназул рагъул гӏахьалчи Зикрула Дибирдадаевасул кумекалдалъун, чанго соналъ цебе, росу бакьулъ цӏияб мадрасаги бана. Гьенирго гӏумру гьабун ва цӏалулел рукӏана цогидал районаздасагун шагьараздаса мутагӏилзаби. Цере гьенир лъабго сменаялда цӏалулел ва чанго мугӏалимас дарсал кьолел рукӏун ратани, исана гӏицӏго росулъа мутагӏилзаби гурони хьвадулел гьечӏо. Къаси-къаси чӏахӏияб ригьалъул бихьиналги цӏализарула.

Шагьаралда чӏарав росуцояв Ахӏмад Цевехъановас мадрасаялъе сайгъат гьабуна жиндирго инсул букӏараб мина. Гьеб цӏидасан къачӏан тӏадеги лъаб-абилеб тӏала балеб буго. Макъсудовас бицана кватӏичӏого гьениб руччабазе мадраса рагьизе бугинги.

Кинаб захӏмалъигун данд-

чӏваниги, ингердахъез жамагӏа-талъул газа кьурдаги рекӏунеб букӏин бихьизабула. 1999 соналда Болъихъ районалде хъача-гъал кӏанцӏидалги ингердахъезул жамагӏаталъ гъункиги, къо ккани мадугьаласе кумек гьабизе хӏадур рукӏинги бихьизабунин бицуна дол соназда росдал бегавулъун вукӏарав Мухӏамад Гӏалиевас.

Дол соназда росдал жамагӏат букӏана гӏицӏго боцӏудалъун ва хуриса бачӏунеб нигӏматалдалъун бетӏербахъи гьабулеб бакӏ. Мухӏамадица Болъихъ районалда ругел солдатазегун ополченцазе кванидалъунгӏаги кумек гьабизе бокьун бугин бициндал, жамагӏатго бакӏарана данде. Цоял картошкадул тургьби раччун рачӏана, цогидаз рахь, хӏан, нах ва цогидал нигӏматал кьуна. Чанго сагӏаталда жаниб кванил нигӏматазул цӏурал машинаби Болъихъеги ритӏана.