Шагӏирасул «Рекалабаздаса»:
*
Дудаса тӏокӏазда хӏалхъублъичӏого,
Рухӏдаллъизе кӏвани, кӏодолъила мун.
*
Малъулел гӏемерлъун, кантӏулел дагьлъун,
Киналго гӏакъиллъун, гӏадлу хун буго.
Миллаталъул аслу лъугӏи – бищун кӏудияб балагь
— Нилъер миллаталда рихьана кӏудиял балагьал: рагъалги, унтабиги, ва цогидал къварилъабиги. Бахӏарчиял умумуз хӏехьана ра-къиги, къечги, кӏудиял къварилъабиги. Амма гьеб киналдасаго бергьине буго мацӏ лъугӏи, тӏагӏин. Мацӏ лъугӏани, лъугӏизе буго миллаталъул аслу, бакъвазе буго гьелъул кьучӏ, — гьадин байбихьана Мухӏамад Патахӏовас диргун гара-чӏвари.
Мухӏамадил цӏар лъала магӏарул адабият бокьулел, гье-лъул унго-унгояб магӏна лъалел магӏарулазда. Гӏемерал соназ гьев хӏалтӏана «Хӏакъикъат» газеталдаги. Гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго магӏарул мацӏалда бахъулеб «Гьудуллъи» журналалъул редакторлъун. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул магӏарул мацӏалъул секциялъул нухмалъулевги ккола гьев.
— Рахьдал мацӏал цӏуниялъул суал гьанжеялдаса 40-50 соналъ цебего баккун букӏана. Гьелъие нугӏлъи гьабула Хӏамзатил Расулица хъвараб «Авар мацӏ» кечӏалъги. Бихьулищха, жакъа-ги гьелъул бицунел хутӏунги руго нилъ. Гьеб суалалда тӏад ракӏунтарав хӏакимги ватулев гьечӏо. Рахьдал мацӏ лъайги гьеб мацӏалда кӏалъайги гьезул цо-цояз щаялиго къабихӏаб ишлъун рикӏкӏунеб буго, — ян бицана шагӏирас. — Камилаб интеллигенциялъулги къуватго гӏолеб гьечӏо гьеб цӏуниялъе хӏалтӏаби гьаризе ва гӏуцӏизе.
Щивав чиясул рекӏелъги бидулъги мацӏалде бугеб рокьи бессун гьечӏони, кинаб бугониги хӏасил ккезе гьечӏо гьабулеб хӏалтӏул. Щивасда бичӏчӏизе ккола рахьдал мацӏ гьечӏого жив тӏуваларевлъи. Масала, кигӏан сурунха букӏинеб магӏарул чиясда зигара гӏурус мацӏалда гьабизе ккараб мехалда: — Примите соболезнования, яги эбел хварай магӏарул яс «мама» абун гӏодулей цебечӏезабизе кӏолеб гьечӏо. Гьеле гьелде рачӏинеги руго нилъ. Гьабсагӏаталда гӏемерисел гӏолил васал уна мажгитазде, кӏвар кьун гӏенеккула гьенир гьарулел вагӏзабазухъ. Щай гьенибги бицине бегьулареб рахьдал мацӏалъул хӏакъалъулъ. Учительзабаз эбел-инсуде, эбел-инсуца учительзабазде тӏамун, мацӏалъул иш тани, нахъа кватӏизе руго…
Магӏарулаз байбихьун буго диктант хъвазе. Гъоркьисаги гьеб хъвана Махӏачхъалаялъул тарихалъул паркалда. Щай бегьилареб гьединго данделъизе ва сочинение хъвазеги. Гьелъ дагьабги борцинаан мацӏ лъаялъул даражаги. Дида ккола диктант хъвазе мацӏ лъалев чиясе гьедигӏан захӏматаб жо гьечӏилан, сочинениялъ бихьизабизе буго кин нилъеда мацӏ лъалеб бугебали.
Болмацӏалъ щула гьабула адабият
— Къварилъиялъулъги гӏатӏи-лъиялъулъги магӏарулал цолъизаруна болмацӏалъ. Гьеб щула гьабуна адабияталъ. Жакъаги къуват буго шагӏирасул рагӏул.
Нилъер адабияталда абадиялъго рукӏине руго, масала, Кудалиса Хӏасанил (исана гьев гьавуралдаса тӏубала 305 сон), Къудукьа Мусаласул (исана 370 сон тӏубала гьев гьавуралдаса), Инхоса Гӏалихӏажиясул (исана гьев гьавуралдаса тӏубала 174 сон) асарал. Мисалал дагьалги рачине бегьула. Гьеле гьединаб кутакаб букӏуна унго-унгояб рагӏул къуват. Гьанже рачӏаха дандекквезе жал шагӏирзабиян ахӏдолезулги гьезулги шигӏру.
Цо гьадинаб мисалги бачине бокьун буго дие: гьабсагӏаталда нилъеда, хасго гӏолилазда, лъала бидул тӏадецуй борцинеги, уколал гьаризеги, капельницаби лъезеги, щиб унтуе щиб дару ре-къолебалиги. Дидаги лъала гьеб кинабго, бетӏер унтани, диего къваригӏунеб даруги лъала. Дунги тохтурищха кколев!?
Дидаги унго-унгояв тохтурасдаги гьоркьоб кигӏан кӏудияб батӏалъи бугеб батаниги, гьеле гьединаб кӏудияб батӏалъи буго профессионалияб поэзиялдаги гьанжесел «шагӏирзабазул» кучӏдуздаги гьоркьоб. Жакъасел «шагӏиразабазул» буго кӏиго гъалатӏ: гьезда лъалеб гьечӏо хъвадаризе. Гьеб тӏоцебесеб. Кӏиабилеб босани, гьездаго лъалеб гьечӏо жидедаго хъвадаризе лъангутӏиги. Цоцазулги цогидазулги мухъалги рикъулел руго цӏоб тун.
Поэзиялъул буго цохӏо жиндиего хасаб мацӏ. Гьелъ батӏа гьабула гьеб прозаялдаса. Гьеб
балъголъиялда хадур гъечӏони, шигӏрабаз каранда цӏа гьелегьинабуларо.
Нилъее, магӏарулазе, Тӏадегӏа-насго кьураб пагьму буго кечӏ хъвай. Гьеб хъвачӏев цониги магӏарулавги ватиларо. Киналго кучӏдузул гуро шигӏру лъугьунеб. Цо-цоязда квешги букӏина гьеб. Амма гьедингӏаги абичӏого тӏубалеб хӏалги гьечӏо. Бокьун гьечӏо дие миллияб адабият загӏиплъизе, — ян абуна Мухӏамадица гара-чӏвариялъул ахиралда.
Мацӏазда хурхарал къецаз мацӏал церетӏезарула
Рахьдал мацӏазул къецаз мацӏ лъай цебетӏезабулинги абуна шагӏирас:
— Районазулги буго кӏудияб кӏвар мацӏ цӏунун хутӏиялъулъ. Щай бегьилареб, масала, кинаб районалда шагӏир гьавун ватаниги, гьеб районалъ къецазда бергьаразе премия кьезе. Гьеб гьедигӏан захӏматаб иш гуро. Масала, гӏолилазда ва цӏалдохъабазда гьоркьоб.
Бищун лъикӏаб сатирикияб асаралъул конкурсалда бергьаразе кьезе бегьула Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб премия, лъикӏаб прозаялъухъ — Муса Мухӏамадовсул премия, шигӏрияб асаралъухъ — Хӏамзатил Расулил яги Фазу Гӏалиевалъул цӏаралда бугеб премия. Дида ракӏалде ккола гьединал тадбираз гьезулъ мацӏалде рокьи бижизабилилан.
Бицана Мухӏамадица ракӏунтун сверухъ ругел ургъел-гьечӏолъиялъ унтун ругезул хӏакъалъулъги. Бихьулеб букӏана рахӏат гьечӏел шагӏирасул пикрабазул хӏалуцинги, мацӏалъул ва адабияталъул букӏинеселъ гьесул рахӏат хвезабун букӏинги. Макъалаялъул ахиралдаги лъолел руго шагӏирасул «рекалаби».
Цо-цо гӏадамазул
гӏумруго уна,
Гӏаздада жидерго
цӏарал хъвалаго.
***
Битӏараб тӏилалъул
рагӏад гьетӏани,
Гьетӏараб тӏилица
тӏалъи босила.