Дир гӏагараб мацӏ. Дир рекӏел бухӏиги, угьиги, гьимиги гьаб. Дир кӏиабилеб хӏухьел. Тӏоцебесеб хӏухьелалда цадахъ дир чорхолъ рещтӏана гьаб ва гьениб абадиялъе бессун хутӏана. Гьаб мацӏалда гьимана дие бакъ, магӏарул мацӏалда еэдана дун талихӏалъул бакъул хӏасратал чӏораз, гьаб мацӏалда рагӏана дида эбелалъул кинидахъ кечӏ.
Магӏарул мацӏалда рачана дие мугӏрул иццазги, сабурго ва гӏанчӏго чвахун унел лъаразги гӏажаибго кӏарчанал саринал. Гьаб мацӏалда кӏалъана дида бахӏарчияб магӏарул тарих. Гьаб мацӏалда Дагъистаналъул цӏар дунялалда рагӏизабуна Цӏадастаналдаса магӏарулас. Магӏарул мацӏалда угьдана ватӏаналъухъ гӏащикълъарал Халилбегил суратал. Магӏарул мацӏалда гӏодана Махӏмудил пандур. Гьаб мацӏалъул хӏайранлъиялда гъоркь гурищ пахруял цӏумаз тӏавап гьабулеб зобалазде гӏунтӏарал мугӏрузда. Дир гӏагараб магӏарул мацӏ. Гӏагараб миллат нурлъун гвангъизе мугӏрузда рещтӏараб жавгьарги гьаб. Гьаб мацӏалда гьардола дун Тӏадегӏанасда. Гьаб мацӏалда гаргадула дун умумузул заналгун.
Бокьула дие нилъерго гӏагараб магӏарул мацӏ. Гьалъул гъасда беролеб цӏадухъ гӏадин, пикрабазе роцӏенги руцӏенги щоларо. Гьаб мацӏалда бижараб гӏакъиллъиялъ гӏадин, нилъеда бауларо.
Миллаталъул кинабго бечелъиги, сахаватлъиги, рухӏияб нахърателги, бахӏарчияб тарихги речун буго гьениб, магӏарул мацӏалъул гъасда. Божизе бокьулеб гьечӏо жакъа гьениб рекӏараб цӏадухъ хинлъизе рачӏунезул къадар дагьлъулеб букӏиналдаги. Шагьаралдагицин цӏикӏкӏунеб буго мацӏ лъазе бокьаразул къадар. Амма магӏарухъе щведал, гьеб пикру тӏубанго кӏочон тола дида. Бицани щиб гьез гӏурус мацӏ, магӏарул мацӏги чвахулеб бугогури гьезул кӏалдисан. Магӏаруллъи чӏаго букӏаго, чӏаго букӏине буго магӏарул кьурабазда бижараб, гьенисан зобалазде харун бажарараб дир магӏарул мацӏ. Гьаб мацӏалда гурищ бахӏарчилъиялъул цӏар рагӏизабураб Шамилил хвалченалъ. Гьеле гьаб мацӏалда белъанхъула нилъер талихӏ, гьаб мацӏалда гӏодула гӏумру, угьдула къисмат. Кинабго – рахьдал мацӏалда.
Магӏарул мацӏалда цӏалула нилъеца Инхоса Гӏалихӏажиясул кицабиял алфазал, гӏагараб мацӏалда кьурал Хӏамзат-кӏудил гӏумруялъул дарсал гурищ нилъер рухӏияб бечелъиялъул роцен. Гьаб мацӏалда чӏухӏула дун миллаталъул цӏар цӏвабзазда хъварал магӏарул васаздасаги ясаздасаги. Магӏарул мацӏ ккола нилъеца цоцазул ракӏазухъе лъураб рокьул кьолъун. Гьеб кьодул ссакӏ бекани, лъугӏула нилъер миллат. Гӏумруялъул ццидалал карачелаз росун унел нилъ хвасар гьаризе щивго гӏедегӏизе гьечӏо.