Цо-цо чагӏи рукӏуна цогидазда аскӏоб согӏаб махсараги гьабулел, цогидазде рагӏабиги рехулел, амма жидедаго аскӏоб гьебго гьабулеб бугони, кутакалда мекъи бихьулел. Хасго хӏукуматалъул хӏалтӏуда ругел гӏемерисел нухмалъулезе бегьуларо хъулухъалъ жиндаса гъоркьехун вугев хӏалтӏухъанас гъалатӏ бихьизабизе яги бадибчӏвай гьабизе. Гьедин гьабуни, хӏаким барщула ва гьес хӏалтӏухъанасе зарал гьабичӏого толаро, кинаб къагӏидаялъ гьабунги. Щивав чи Бетӏергьанас батӏи-батӏияб гӏамал-хасиятгун вижун вугелъул, киналго чагӏи цо коцонир кьабгӏизе бегьиларо, амма гӏемерисезда мекъи бихьула жидеца чияе гьабулеб жидеего гьабидал.
Цо пуланаб росдал школалъул директорасулгун ракӏ рагьараб кӏалъай ккедал, гьес гӏайиб чӏвачӏев учительго хутӏичӏо. Киналго хӏалтӏухъабазда ракӏхун вугоан гьев. Дида лъаларо гьеб школалда хӏалтӏулел учительзабазул гьесдехун кинаб бербалагьи бугебали, амма бичӏчӏана директор гӏумруялдасаги гӏадамаздасаги рази гьечӏев, цӏакъ хехго ракӏхолев, захӏматго гӏумру тӏамулев чи вукӏин. Пуланаб росдал школалъул директорасулгун ккараб кӏалъай-басаялдаса хадуб дида ракӏалде бачӏана цо гьадинаб бицен.
Цо нухалда мугӏалимасухъе вачӏуна цӏалдохъан ва гьес абула: «Валлагь, мугӏалим, дида щиб гьабилебали лъаларо, амма цӏакъ захӏматго гӏумру гьабулев чилъун гӏолев вугин ккола дида дунго. Дида аскӏоб хӏалихьатал жал гьарулел гурони лъималги кколел гьечӏо, гьездехун ракӏхун гӏемерисеб заманги унеб буго. Щибдай гьабила»?
Мугӏалимас гьесухъе магӏазул цӏураб таргьа кьола ва абула лъида бугониги ракӏхун лъугьанщинахъе цо-цо магӏ къадалъ кьабгӏейилан.
Тӏоцебесеб къоялъго гьев цӏалдохъанас къадалъ кьабгӏула 26 магӏ. Хадусеб анкьалъ гьев ругьунлъула сабру гьабизе ва къадалъ кьабгӏарал магӏазул къадар саламатго дагьлъула. Гьесда бичӏчӏула магӏал кьабгӏулев вукӏиналдаса сабру гьабиго бигьалъизехъин букӏин. Ахир-къадги бачӏуна цо къо, гьев васас цониги магӏ къадалъ кьабгӏизе ккечӏеб. Гьелдаса вохиялъ векерула мугӏалимасухъе ва рохел загьир гьабула. Мугӏалимас гьесие кьола цӏияб тӏадкъай, ай лъида бугониги ракӏхвезе течӏого сабру гьабизе кӏванщинаб къоялъ цо-цо магӏ къадалъа нахъе бахъейилан.
Лъикӏаланго заман ун хадуб цӏалдохъанас мугӏалимасда бицуна къадалъ цониги магӏ хутӏичӏилан. Гьеб мехалда мугӏалимас кверги ккун цӏалдохъан гьеб къададе аскӏове вачуна ва хӏалчӏахъадилан гьесие рецц-бакъ гьабула.
«Амма халгьабеха къадада рахъун ругелщинал картӏал. Гьанже гьаб къед киданиги букӏине гьечӏо цебе гӏадаб берцинаб. Лъида бугониги ццин бахъун, рокьукъал рагӏаби абулел ругони, гьаб къададаго гӏадин, гьев чиясул рекӏелъги хутӏула сахлъуларел ругънал. Дуца тӏаса лъугьайилан гьараниги гьаричӏониги – ругъун хутӏула. Хонжроца лъуралдасаги кӏалалъ лъураб ругъун цӏикӏкӏун унтулебги букӏуна», — ян абула мугӏалимас.
«Вахӏ, щибха гьанже дица гьаб къадада рахъарал картӏазда гьабилеб»? — ан цӏехола цӏалдохъанас. «Гьеле гьел картӏалгун гьабизе ккола дуца хутӏараб гӏумру», — ян жаваб кьола мугӏалимас.
Рачӏаха халгьабизе тӏоцебе нилъехъго, хадуб нилъеда аскӏор ругезухъ. Чан вугев сабурго, инсанасул ракӏги бакъвазабичӏого, къваригӏел гьечӏеб калам гьабичӏого, гӏумру тӏамулев чи? Чамасул рекӏелъ ругел сахлъуларел ругънал? Чан чи вугев магӏаз къадада тарал картӏалгун гӏумру тӏамулев?