Адабият бокьулезда лъикӏго лъала шагӏир ва хъвадарухъан Париза Гереева. Хасго гьелъие машгьурлъи щвана «Къисмат» абураб роман хъван хадуб.

Париза ккола Хубар росулъа. Чанго соналъ мугӏалимлъунги хӏалтӏун, гьелъ жиндирго гӏумру бухьинабуна журналистикаялда. Хӏалтӏана Гъизилюрт шагьаралъул «Къасисеб Гъизилюрт», республикаялъул «Хӏакъикъат» газетазул мухбирлъун, Казбек районалъул «Чапар» газеталъул бетӏерай редакторлъун.

Гьабсагӏаталда хӏалтӏулей йиго Хасавюрт шагьаралда авар мацӏалда бахъулеб «Насихӏат» газеталъул редакторлъун.

— Париза, магӏарулазда мун лъала хъвадарухъан гурейги, шагӏир хӏисабалдаги. Сундаса байбихьараб творчествоялъулаб нух? Рукӏанищ хъизамалда, гӏагарлъиялда гьединаб гьунар бугел гӏадамал?

— Дир эмен, мунагьал чураяв, вукӏана адабияталде рокьи бугев, живгоги гӏемер цӏалдолев ва хъвадарулев чи. Эбел гьелдаса дагьай рикӏкӏадегӏан чӏарай, хъизан-рукъалъе йижарай гӏадан йикӏана.

Эмен вукӏана районалъул газеталъул штаталда гьечӏев мухбир. Гӏемерал макъалаби рахъа-на «Хӏакъикъат» газеталдаги. Щибаб лъагӏалил ахиралда гьев хасгьабун унаан почалде ва цо хутӏичӏого магӏарул мацӏалда рахъулел газеталгун журналал хъвалаан, гьоркьоб хӏарп биччачӏого цӏалулаан. Гьесда цадахъ лъугьун, нижеца – гьесул лъималазги тӏадчӏун цӏалулаан газет-журналалги, тӏахьалги.

Щаялиго, живго чӏаго вукӏаго, къватӏире рахъичӏел, кутакалда магӏна гъваридал кучӏдул ратана нижеда гьесул хъвай-хъвагӏаязда гьоркьор. Гьел киналго дандеги гьарун, «Дир пикраби» абун цӏар кьураб гьитӏинабго тӏехь бахъана дица гьесул 2017 соналда.

Абизе ккола гьесдаса ирсалъе щвараб бугин дие адабияталде рокьиги гьунарги.

— Дурго тӏоцебесеб кечӏ ракӏалда батилагури.

— Тӏоцебесеб кечӏги, сундул хӏакъалъулъ гьеб букӏарабалиги, узухъда, ракӏалда буго. Амма чан сон доб мехалда букӏарабали лъаларо. Лъала, дун йикӏана цӏакъго гьитӏинай яс, гьеб кечӏги цӏалана, эбелалда нахъаги яхчун.

Тӏоцебе районалъул «Коммунист» газеталда кечӏ бахъараб заманалда, дун цӏалулей йикӏана ункъабилеб классалда, республикаялъул «Багӏараб байрахъ» газета цӏалулезухъе дир кечӏ щвараб заманалда, цӏалулей йикӏана анлъабилеб классалда. Гьелдаса нахъе лъикӏаб гьудуллъиялда руго дунги газетал-журналалги.

— Кин дуда кӏолеб батӏи-батӏиял сипатал церечӏезаризе?

— Гьабсагӏат дица кьезе бугеб жавабалъ щибниги цӏияб ялъуни балъгояб жо рагьизе гьечӏо, кин бугониги, абила: шагӏирасулги хъвадарухъанасулги рекӏелъ пикрабазда цадахъ рижун рачӏуна сипатал. Цо-цо нухалъин абуни, цин сипатал чӏола цере, цинги рижула пикраби. Хадур гьел сверула рагӏабазде, рагӏабаз гӏуцӏула кечӏ, хабар…

— Гьеб ишалде бугеб тӏей гьечӏеб рокьи дуца цадахъ босулеб буго 50-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ. Цо-цоккун, кӏи-кӏиккун творчествоялъул

болъабиги нахъа толаго, ячӏана мун машгьурал хъвадарухъа-базул кьеразде гъорлъе, ва 2001 соналда къватӏибе бачӏана тӏоцебесеб «Дир хӏасраталъул цӏва» абураб кучӏдузул тӏехь. Кинаб къимат кьураб гьелъие Дагъистаналъул хъвадарухъабаз?

— Рехсараб тӏехьалъул презентациялда, 2001 соналда, Казбек районалъул Дилималда тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъарал: гьелъие цеберагӏи хъварав Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабдула Дагановас, журналистал Мухӏамад Махӏатӏовас, Хӏусен Хӏажиевас, шагӏир Мухӏамад Гӏисаевас (мунагьал чурун ратаги киназулго), шагӏир Мухӏамад Патахӏовас, гьединго корректорлъи гьабурай Тубхӏат Зургьаловалъ, Мухӏамад Гӏабдулгӏазизовас ва цогидазги тӏехьалъе кьураб тӏадегӏанаб къимат дие букӏана цӏакъго кӏудияб шапакъатлъун. Дица гьеб къабул гьабуна аванс хӏисабалда, цоги рагӏудалъун абуни, дидаго тӏадаб борчлъун дица рикӏкӏана гьез абурал реццалъул рагӏабазе ритӏухъайлъун хутӏи.

— Кучӏдуздаса харбилал асаразде юссиналъе гӏилла щиб ккараб?

— Тӏубанго кучӏдуздаса харбазде, яги харбилал асараздаса кучӏдузде юссанин дунгоян абизе дида кӏоларо, щайгурелъул, иргадал цоцаца хисарал гӏадин, цин кучӏдузул, цинги харбидалъун хъвараб бугелъул гьанжелъизегӏан къватӏибе бачӏараб дир ункъабго тӏехь. Школалда цӏалулел соназ, ракӏалда буго, авар мацӏалъул дарсида рокъобе хъвазе кьураб сочинение дица цин кочӏодалъун цинги, гьедин бегьулареб батилин ккун, харбидалъун хъван букӏана. Гьелъухъ дие мугӏалимас кутакаб рецц-бакъги гьабуна.

Гьеле гьедин, цере-нахъе ккечӏого, кидаго цого кьерда руго дида цадахъ поэзияги прозаги.

— Ракӏалда буго 2008 соналда Дилим росдал культураялъул

кӏалгӏаялда дур «Къисмат» абураб романалда тӏасан гӏуцӏараб данделъи. Кӏалъазе рахъаралщиназ гьеб асаралъе кьолеб букӏана тӏадегӏанаб къиматги. Бокьилаан гьеб романалъул цо-цо образазе къимат кьуни. Ругищ гьел гӏадамал нилъеда сверухъ?

— Щивав инсанасул гӏумру цо сундалъун бугониги цоцада релълъараб, гьебго заманалда тӏубанго цогидазулалдаса батӏияб букӏуна. «Къисмат» буго цо пуланал гӏадамазул къисматалъул хӏакъалъулъ бицун хъвараб роман. Гьеб цӏалун хадуб, гьереси бицинаро, анцӏила щугониги чи вачӏана дихъе, дуда жиндир гӏумруялъул лъица бицун букӏараб, дуда гьеб кин лъарабин цӏехезе. Гьезда гьоркьор гӏемерисел рукӏана тӏоцебесеб нухалъ дида рихьулел гӏадамалги. Бихьулищха, щивав чиясда гьенив вихьулев вуго живго.

Дица гьениб жидер хӏакъалъулъ бицен гьабулел Ахӏмадги Муслиматги гӏаламалда гьоркьор цо гурел, цо чанго рукӏиналъул бицунеб буго.

Камулел рукӏинчӏо гьеб Париза Гереевалъ жиндирго хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь бугин абулелги. Биччанте гьедин букӏине. Дир тӏехьалъул аслиял бахӏарзал руго лъикӏал гӏадамал. Гӏумруялда жаниб живго гьединавлъун ватизе бокьуларев чи вукӏинин кколаро дида. Дирги батӏалъи щибха?