ДРялъул Халкъияб Собраниялъ хӏукуматалде битӏана 1999 соналда республикаялда ккараб рагъулъ гӏахьаллъарал ополченцазул официалияб сияхӏ.

Гьенив вихьизавун вуго 461 чи. Цереккун пачалихъиял шапакъатал ва лъукъа-къотӏи щварал гӏадамал ккола гьел. Хӏукуматалъ кватӏичӏого удостоверениялги кьун, моцӏи-моцӏие рагъул ветераназего гӏадаб гӏарац биччазе буго гьезиеги.

Пачалихъиял шапакъаталги лъукъа-къотӏиги щвечӏел ополченцалги руго. Гьезул сияхӏги хӏисабалде босизе бугин бицана Халкъияб Собраниялъул депутатазул данделъиялда.

Гьебго къоялъ, ай 21 февралалда, жалго ополченцалги данделъун рукӏана Махӏачхъалаялда, Миллияб библиотекаялде.

Дагъистаналъул Ветераназул советалъул нухмалъулев Мухӏарам Гӏалижановас бицухъе, гъоркьиса 2 сентябралда гьез тасдикъ гьабураб ополченцазул сияхӏалда гӏаммаб куцалда 12 азаралда 829 чи вукӏун вуго.

Цинги, ополченцазе статус кьеялда бан РФялъул Пачалихъияб Думаялъ закон къабул гьабун хадуб, гьезул 28 азарго чи гӏун вуго.

Гьанжеялдаса хадубги жеги цӏикӏкӏине буго гьеб сияхӏ. Амма гьездехун гӏемерал суалал рижизе бегьулин абуна Гӏалижановас, щайгурелъул цо бакӏалда хъаравуллъуда чӏун яги квен гьабулел рукӏарал чагӏиги рихьизарулел ругила гьединаллъун.

«Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалдаги тӏубараб улкаго бахъун букӏана фашистазда данде: цоял рукӏана кьалул майданалда, цогидал – тылалда. Амма гьел киналго гурелъулха ветераналлъун рикӏкӏарал. Гьединлъидал хасаб комиссиялъ ополченцазул сияхӏги цӏидасан гьоркьоб лъезе буго», — ян бицана Ветераназул советалъул нухмалъулес.

Хадубго ополченцазе насихӏаталги гьаруна гьес чара гьечӏого школлъималазулгун гара-чӏвариязде ва малъа-хъваял гьаризе ине ккелила нуж, гурони 27 январалда Махӏачхъалаялда ккараб гӏадаб «сурараб хӏужа» такрарлъизе бегьулила.

Гьеб къоялъ интернеталда тӏибитӏун букӏана Ленкомалъул ахикь Абадияб цӏадуда тӏадеги ккун, школлъималаз гӏанкӏудал бохдул режулелъуб бахъараб видео. Цо-кӏигояв жеги цӏадуда сверун кьурдулевги вугоан.

Гьеб данделъиялда рукӏана 1999 соналда чӏварал ополченцазул лъудбиги. Гьединай 40 чӏужугӏадан йиго республикаялда. Махӏачхъалаялда йиго гьединай лъабго чӏужугӏадан. Хӏабибула Къурбановасулги, Заирбег Жафаровасулги, Хӏажи Хӏусеновасулги лъудби ккола гьел.

Жидер россал анин нилъее киназего гӏоло рухӏги кьун, амма цо-цо хӏакимзабаз ругищ-гьечӏищали цӏехезегицин цӏехечӏого, бокьараб ккагиян, рехун тун ругин жалилан бицана Хӏажи Хӏусеновасул хъизан Венераца. Гьелъул кӏалъаялъ асар гьабуна залалда данделъаразеги.

Венераца бицана кӏиго ясгун жинца гӏумру гьабулеб бугила гӏарцухъ ккураб чияр рокъоб. 22 соналъ рукъ щвезе иргаялда чӏунги йигила. Гьелда гьоркьоса чанцӏулго Москваялдеги унаанила сакъатай яс сах гьайизелъун. Хӏукуматалъул рахъалдасан тӏири кумекги щвечӏила. Банкротги ккун, «Экспресс-банкалда» хутӏараб гӏарац нахъе щвезениги квербакъичӏила хӏукуматалъул вакилзабаз. Законалда рекъон кьезе кколеб 2500 гъурущгицин щолеб гьечӏо Венераеги ополченцазул цогидал лъудбузеги.

Гьенив вукӏарав Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏумархӏажи Гӏалиевас абуна, законал рахъулев чи хӏисабалда, жив кутакалда намуслъанин Венерадаса, гьединлъидал гьелъулги цогидал лъудбузулги суалал тӏуразе квербакъизелъун жинца гьел киналго парламенталде ахӏизе ругин.