Нусго соналдаса цӏикӏкӏараб тарих бугеб нилъер миллияб газеталъе араб гӏасруялъул къоабилел-лъеберабилел соназда редакторлъи гьабуна гьунар бугел хъвадарухъабаз, гӏалимзабаз. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола жив гьавуралдаса исана 115 сон тӏубалев Лаваша районалъул Урма росулъа Ражаб Динмухӏамаевас, 120 сон тӏубалев Гумбет районалъул Аргъваниса Гӏабдулатӏип Шамхаловас, 145 сон тӏубалев Чӏарада районалъул Гьочоса Мухӏамадкъади Дибировас.
Жакъасеб номералда нижеца бицунеб буго Р. Динмухӏамаевасул хӏакъалъулъ. Хадусел номеразда Гӏ. Шамхаловасул ва М.-Къ. Дибировасул хӏакъалъулъги хъвазе буго.
Ражаб Динмухӏамаев гьавуна 1905 соналда гьанжесеб Лаваша районалъул Урма росулъ. Захӏматаб букӏана гьесул лъимерлъи. Эмен росулъ чиги чӏван, апараглъун гӏурус ракьалде гочине ккола. Ункъо сон барав Ражабги инсуца цадахъ вачуна. Гьез гӏумру гьабуна Орелалда, Тулаялда, хадуб Петербургалда.
14 сон барав васгун унти ккарав Динмухӏама росулъе тӏад вуссана анцӏго соналдасан. Кватӏичӏого гьев хола, гӏемер мех иналде унтула эбел. Ражаб къисматалъ вачуна партизаназул отрядалде. Дол рукӏана хӏуриятги бергьараб, Дагъистаналда граждан рагъги унеб заман. Гьитӏинав гӏолохъанчияс гӏахьаллъи гьабуна Совет власталъе гӏоло гьабулеб рагъулъ. Хадуб 15 сон барав Р. Динмухӏамаев ккола Буйнакскиялъул лъималазул рокъове, цинги магӏарул лъималазе рагьун букӏараб школа-интернаталде.
Лъикӏго гӏурус мацӏги лъалев Ражабица лъугӏизабуна совпартшкола ва хӏалтӏулев вукӏана Хунзахъ районалъул комсомолорганизациялъул секретарьлъун. 1926 соналде щвезегӏан хӏалтӏана комсомолалда. Ражабил бажариги, гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб гьунарги, лъайги бихьун, республикаялъул тӏадегӏанал идарабаз гьев витӏула Москваялде, Бакъбаккул захӏматчагӏазул коммунистияб университеталда цӏализе.
Кӏиго соналдаса гьебги лъугӏун тӏад вуссарав Ражаб хӏалтӏула партиялъулгун советиял идарабазда, Дагъиздаталъул начальниклъун, районалъул газеталъул редакторлъун. Журналистикаялъе гьунар бугев, хъвадарухъанлъиялъул махщел цӏикӏкӏарав Р. Динмухӏамаев 1931 соналъул 11 сентябралда бахъизе байбихьараб областалъул «Социализмаялъул байрахъ» абураб магӏарул газеталъул редакторлъун тасдикъ гьавула. Хадусеб заманалда обкомалъул хӏукмуялда рекъон, газета магӏаруллъиялде, захӏматчагӏазде гӏагар гьабиялъул мурадалда, редакция ва типография Болъихъе ба-хъана. Гьенивги «Социализмаялъул байрахъалъул» редакторлъун Ражаб Динмухӏамаев вукӏана.
1934 соналда обкомпартиялъул хӏукмуялда рекъон, Махӏачхъалаялда авар мацӏалда «Магӏарул большевик» абураб цӏаралда республикаялъулаб газета биччазе хӏукму гьабидал, Р. Дин-мухӏамаев тӏамуна гьелъул редакторлъун. «Социализмаялъул байрахъ» газетаги лъугьана ВКП (б)ялъул Болъихъ райкомалъул органлъун.
«Магӏарул большевикалъул» редакторлъун Динмухӏамаев хӏалтӏана 1934 соналъул 26 сентябралдаса (тӏоцебесеб номер биччараб къо) 1938 соналде щвезегӏан. Гьенийго хӏалтӏулей йикӏана Ражабил чӏужу Хӏабибатги. Кӏудияб хӏалтӏи гьабуна гьес редакция щула гьабиялъе, гьенире махщел бугел журналистал ракӏариялъе. Жибго «Магӏарул большевик» газетаги лъугьана халкъалъе бокьулеблъун, цӏикӏкӏана гьеб хъвалезул къадар, редакциялде рачӏунел кагътал. Цӏикӏкӏараб хӏалтӏи гьабуна магӏарулал культура-лъаялде ахӏиялъе, болмацӏ роцӏинабиялъе, гьеб камил гьабиялъе.
Редакторлъиялдаса гьев иналъе гӏилла ккана «Правда» газеталда гьесул асарал какун макъала бачӏин.
Авар мацӏалда гӏадин, гӏурус мацӏалдаги хъвадаризе лъалаан гьесда. Ражаб Динмухӏамаев вукӏана Дагъистаналъул литератураялда
прозаялъе кьучӏ лъуразул цояв, аваразул адабияталдайин абуни тӏоцевесевлъун. 1929 соналда Дагъгизалъ къватӏибе биччана гьесул «Бидухъ би» абураб къиса, 1932 соналда авар адабияталда тӏоцебесб тарихиябгун революциялъулаб «Хъабчилъ бахӏарзал» абураб роман, «Галинал гьалбал» къиса ва гь. ц. Р. Динмухӏамаев ккола кинабниги анкьго тӏехьалъул автор. Хъвадарухъан, журналист ва жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда Ражабил букӏана кӏудияб букӏинесеб. Гьесда гӏадин бацӏцӏадго гӏурус мацӏги лъалев, гьеб мацӏалда хъвадаризеги кӏолев, гӏагараб магӏарул мацӏги рагӏа-ракьанде щун лъалев чи аваразул интеллигенциялда гьоркьов дол соназда къанагӏатги вукӏинчӏо.
1938 соналъул авалалда Ражаб Динмухӏамаев хӏалтӏудаса нахъе гьавуна. Гьелъие гӏиллалъунги бихьизабуна «Магӏарул большевик» газеталда «контрреволюциялъул отпечаткаби ва ошибкаби» риччай, «Хъабчилъ бахӏарзал» абураб тӏехьалъул «зарал» букӏин, халкъалъул тушман Самурский веццун цереккунго хъварал макъалаби, «Дагъистаналда буржуазиял националистазул тушманаб хӏалтӏи загьир гьабулеб «Известия» газеталъул статьяялъул факталги нахъе чӏвалаго кӏалъай гьабураб «писателазул» группаялъул собраниялъе бетӏерлъи гьаби ва гьел гурелги цогидалги кьучӏ гьечӏел гӏайибал. Тӏасан рачӏарал мацӏазул, гӏарзазул кьучӏалда гӏадамал жанир лъолел лъебералда анкьабилел, лъебералда микьабилел соназда гьесда тӏасан гьединал гӏарзал рачӏинги ургъизе тӏамулеб хӏужа буго. Гьеб батизе бегьула Динмухӏамаевасдехун хӏалхъубазул «хӏаракат». Лъаларо, хӏакъикъат кинаб букӏарабали. Жакъа мухӏканго лъалеб буго гьесде гӏунтӏизарурал гӏайибазул цонигияб битӏараб букӏинчӏолъи.
Р. Динмухӏамаев вукӏана тӏо-цебесеб тӏолгодагъистаналъулаб Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул членлъунги. Делегат хӏисабалда гьес гӏахьаллъи гьабула 1934 соналъул 17 августалда Москваялда тӏобитӏараб Тӏолгосоюзалъул хъвадарухъабазул тӏоцебесеб съездалдаги. Ражабги Цӏадаса Хӏамзатги рукӏана гьенир аваразул адабията-лъул хъвадарухъаби-делегатал. Гьебго соналдаса нахъе Динмухӏамаев вукӏана СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул членлъунги.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьун хадуб Тифлисалда офицерзабазул школаги лъугӏизабун, гьев 1943 соналъ рагъде уна. Украинаялъул фронталда гьев вукӏана батальоналъул комиссарлъун ва полкалъул агитаторлъун, букӏана капитанасул чинги.
1944 соналъул апрелалда Украинаялъул Тернополь областалъул Заболотниково росдада гӏагарлъухъ кьалул майданалда гӏумруялдаса ватӏалъана Ражаб Динмухӏамаев. Гӏагараб Ватӏаналъе гӏоло, гьеб цӏунулаго кьуна гьес гӏумру.
Абизе ккола, щаялиго Р. Дин-мухӏамаевги гьесул творчествоялъулаб ирсги кӏвар кьечӏого тун
бугилан. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ Р. Динмухӏамаев гьавуралдаса 115 сон тӏубаялдегӏаги гьесул асарал данде гьарун тӏехь биччазе бегьилаан.
Нилъер гӏагараб миллияб газеталъул редакторлъун вукӏарав Р. Динмухӏамаев кӏодо гьавулев тадбиразда бажарараб гӏахьаллъи гьабизе буго «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъги. Гьеб ишалдаса батӏатӏун чӏеларин ккола гьесул росуцоялги районалъул нухмалъулелги.