21 февралалда Махӏачхъалаялда «Гьудуллъиялъул минаялъуб» тӏобитӏана рагъулгун патриотизмалъул темаялда хъварал кучӏдуздаса данде гьабураб антологиялъул презентация. Гьелъие квербакъана Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ.

Тӏехьалда цӏар лъун буго «Работайте, братья» абун (2017 соналъ такъсирчагӏаз чӏвалелде цебе полициялъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Нурбахӏандовас абурал рагӏаби). Гьелъул автор ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарь Сергей Соколкин.

Аслияб къагӏидаялда Ватӏаналъе гӏоло рухӏ кьун гӏумруялдаса ратӏалъарал гӏолохъабазе сайгъат гьабун хъвараб бугин тӏехьилан бицана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас.

«Советияб хӏукумат биххун хадуб чангиязул пикру букӏана гьанжесеб гӏел бахӏарчиял ишал гьаризе гӏураб тавакалги гьунарги жиделъ гьечӏеб бугин абураб. Амма 1999 соналъ Болъихъгун Цӏумада рукӏарал лъугьа-бахъиназда нилъер ракьцояз бихьизабуна гьеб пикру мекъаб букӏин», — ан абуна министрас.

Хадуб гьес рагӏи кьуна антология данде гьабурав Сергей Соколкиние.

«Тӏоцебесеб нухалъ Дагъистаналде Хъахӏал Къункърабазул байрамалде вачӏарав дие кӏудияб асар гьабуна нужер гӏадамаз. Кутакалда гӏадан хириял, рагьараб ракӏалъул чагӏи ратана дида дагъистаниял. Гьединлъидал, Москваялде нахъвуссиндал, дир кӏудияб гъира бижана нужер хӏакъалъулъ Россиялъул гӏадамазе бицине. Чачаналъул рагъалъги терактазги ракӏгъанцӏизабун рукӏарал гӏурусазе Кавказалда батӏиял гӏадамалги ругилан бицине бокьун букӏана дие. Расул Хӏамзатовасулги, ралъдал тӏиналда фашисталгун вагъун Бахӏарчиясул Цӏва щварав Мухӏамад Хӏажиевасулги, гьанже заманалъул Бахӏарчи Мухӏамад Нурбахӏандовасулги Кавказ кинаб бугебали гьезда лъазабизе бокьун букӏана», — ян бицана хъвадарухъанас.

Гьелъул кьучӏалда гьес байбихьун буго чанго шагӏирасул асарал жанире ракӏарараб, ватӏан бокьиялъул темаялда хъварал кучӏдузул антология данде гьабизеги.

Тӏадежураялги гьарун, гьанже къватӏибе биччараб антологиялде ун руго Дагъистаналда, Крымалда, Сириялда ва Чачаналда ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ хъвараб 1300 кечӏ. Масала, гьенир руго Расул Хӏамзатовасул, Марина Ахӏмадовалъул ва Россиялъул чанго регионалдаса шагӏирзабазул кучӏдул.

Презентациялда кӏалъазе рахъана М. Нурбахӏандовасул эмен Нурбахӏанд Нурбахӏандов, Гӏабдулманап Нурмухӏамадов, Карачаево-Черкесиялдаса поэт Мухӏамад Огъузов ва цогидалги.