Дурилалин абула гьидерица хӏалтӏулъ ретӏулел хварал хьитазда.

Гӏиси-бикъинаб дараналда базаралда йикӏуней дирго лъадухъе щварав дида ячӏинахъего гьей лъачӏо. Кӏалалъул лъугьун бугоан, гьалъаб тӏадехун рехсараб, дурил гӏадаб, гӏажаибго коцокъаб жо, бералги магӏил цӏун ругоан.

— Щиб лъугьараб, хирияй? Лъица дур кӏал чӏвараб, вихьизаве дида гьев чи, — ян хӏалуцун лъугьана дун.

— Чагӏаз гьабураб жо гуро гьаб, — илан щакърахана лъади, — дица босараб лимонадалъул шишаялда жаниб букӏун буго гӏалхул на. Гьелъ щвезабуна дур хирияй лъадуде цо лъикӏаб удар. Дару гьабе, Хӏусен, хӏехьезе кӏолеб гьечӏин.

— Даруни дуе тохтурас гьабилин, на кибе араб?

— Доле доб «Византия» абун тӏад хъвраб ашбазалдехун боржун ана.

Дун, гурун гъуждулгун, кӏудияб гъазаваталде унев гӏадин, лъадуца бихьизабураб направлениялдехун векерун ине лъугьана.

Жий сабаблъун цо кӏудияб кьал ккезе гурилан хӏинкъараб къагӏида, хадуйго гьейги ягъарана. Битӏун ашбазалъул кӏалтӏа кквезе щвана.

— Дуца киб цӏехолеб эб тушман, цебего ун батиларищ унелъубе. Рилълъа гӏадада дурго заманги здоровьеги хвезабичӏого рокъоре, — ян гьардезе жуяна гьей.

– Нет, — илан тӏирун чӏана дун.- Рес гьечӏо гьеб цӏехечӏого.

Гьеб батичӏони, гьелъул бацниги щвезе батилагури. Дица гьеб рокъобеги бачун хьихьизе буго. Мун ахӏдезе, семизе лъугьарабго, гьеб дурил гӏадаб кӏалалда хӏанчӏизе рехизе. Гьелъ гурони дур кӏал чӏезабичӏо. Дур хӏалчӏахъаяб на, гьеб гьунар дуца цебего гьабун букӏарабани, гьадигӏан хехго хъахӏлъилароан дир бетӏер, – илан мекъдаризе жувана дун.

— Дун тӏокӏай киданиги дуда данде кӏалъазе гьечӏо. А, хӏурматияв, рокъове, — йилан щурулеб букӏана лъадул кӏалалда релълъараб жоялъ.

Дун рокъове вилълъана. Гьелдаса нахъе рекӏее кӏудияб парахалъи ккана. Рокъобги рекъелги полни покойги рещтӏана. Цо-цо кӏочон ккун, жиндирабго гьабизе лъади лъугьарайго, дица найил сураталде килищ битӏула. Гьей пуланалъул калам къотӏула.

Бахьикъосарал лъудби къавулъ ругел россазе къиматаб советги кьолеб буго дица. Яги найил тӏулби росе, гьудулзаби, яги наязул суратазул выставка гьабе рокъоб.