Дун кӏиго херасухъе кӏалъа-басазе щвана,

Хадуб – цебе гӏадинан ккана гьезухъе инги.

Кӏиялго гьел хабалъе «бох бортарал» чи ккола,

Бартиял гӏадин жалго жеги тун рукӏаниги…

Чорхол жанги жигарги жиделъ нахъе кканиги,

Нахъойги гӏолохъанлъи бачӏинеб гӏадин руго,

Рекӏелъ бахӏарлъиги ккун, махӏаби чучлъаниги,

Чанагъдизе къасд лъураб къагӏида эзул буго…

Цояв херав ватана, тамахаб диваналда,

Цояб хъатикь пандургун, цоялъуб планшетгун,

Бокьани хъван ахӏизе хӏадураб къагӏидалда,

Къваригӏани интернет тиризе санагӏатгун.

Сагӏатгӏанаб мех бана херасда аскӏоб дица,

Бицана гӏадамазул, гӏумрудул, сахлъиялъул,

Соназул, лъималазул, гьезулги лъималазул,

Хӏажалъана рокьиги «кьалги» ракӏалде щвезе.

Гьеб заманалъ лъачӏого тӏаде рачӏана чагӏи,

Тӏаде ралагьунго гьел рукӏана муъминзаби…

Ма дуе, дов херасул хисун ккана суратги,

Хабар-каламалъулги лъугьана тӏубан гьетӏи.

Гьес аскӏобго лъун батун, такъия къазабуна,

Гъоркьехун кверги бегьун, назмабазул тӏехь щвана,

Щибали хабар чӏамун, чӏумал кодор росана,

Суждаялда гӏадинаб гӏодовчӏейги гьабуна…

Гӏажаиблъизе ккараб жоги гьениб букӏинчӏо,

Гьабизе лъала дунял дов приятеласда,

Расги ургъел гьечӏого хисула, сверун уна…

Соназдай эб малъараб, эдинавдай вукӏарав?

Кӏиабилев херасул хасиятго батӏияб,

Харбида политика кутакалда хирияв,

Улкаялъул пикрабалъ квенги цӏорозе толев,

Дунялалъул ургъелаз аваданлъиги чӏвалев.

Лъадул, лъималазул иш эзго тӏубазе толев,

Тӏадегӏанасе какал ракӏалда ккедал ралев.

Ракӏалда жоги чӏолев, кӏалалъ бицине лъалев,

Кӏалъазе виччанани бетӏер унтизабулев…

Унтаби – ургъелазул агъазго гьабуларев,

Гьоркьоб сурахӏи камун квенги цебе лъоларев

Цо бицараб рагӏуе кивго хилиплъуларев

Хиянатав чиясе саламгун квер кьоларев…

***

Гьаб дир данде кквеялъе кинаб мораль рекъелеб,

Редакциялъ къимат кье яги къватӏибе биччай,

Къойил гӏемер батӏиял данде чӏвалел гӏадамал –

Гӏаламат кинаб кколеб, лъалес абизе биччай…