Дица суал кьуна, ссун иналдего,
Сардилъ зобалазда гьалъал цӏвабзазе:
Заман гӏемер барал, нугӏзал ругин нуж,
Бице, гьаб ракьалда рокьуй квалквал щиб?
Щай къасд бергьаразул, къисмат бигъулеб,
Балай кканщиназда, квешлъи дандчӏвалеб?
Чӏегӏерал сардазе берцинлъи кьолел,
Кье, гьарула, жаваб жакъа нужеца.
Нижей дунялалда, дагӏба-рагъалъе,
Гъаримал лагъзазе, багьана кинаб?
Квешлъиги балагьги, бокьила лъазе,
Вижаравщинасе, унго, сундаса.
Ссун, баккун паркъана, бихьана цо цӏва,
Дир гӏинда рагӏана хӏикматаб калам.
Квалквал рокьиялъе, ракьалда нужей
Нужго гурел гьечӏо, гьеб бичӏчӏуларищ?
Бачӏанщинаб къоялъ, къор цоцай гъолел,
Нужер гӏамалазул, огь, гӏажаиблъи!
Гӏужда чӏор щварасе, жахӏда – хӏусудалъ,
Хӏалихьатал гвендал даим рухъулел.
Дунялалда тушман, нужее гьечӏо,
Нужго гуронани, рижун батӏиял.
Багьанагун гӏилла нужер рагъазе –
Ракьалъул магӏишат ва гьелде рокьи.
Кьогӏал къисматалги къасд бергьаразул,
Къадарлъи, ракӏ хъублъи гьудуллъиялъул!
Гьезул рокьиялъул кьер берцинаб тӏегь,
Кьолболъа бахъула гӏага-божараз.
Рижараб ракьалда бекьулеб квешлъи,
Квал квалалъе гӏола азарго соналъ,
Амма лъикӏлъиялъул лъунани цо мугь,
Гьеб гӏасрабазего гӏола нужее.
Жив-жив чи тӏегь вуго тӏабигӏаталда,
Тӏадегӏанас кьурав, ракь гвангъиялъе.
Ракьалда кинабго квешаб – лъикӏалъул
Бищизе эркенлъи кодоб щивасул.
Щай нуж кантӏуларел, киналго цадахъ,
Даималъ рукӏине рижун гьечӏелъул,
Гьоболлъухъ рещтӏараб дуниялалда
Дагӏба-рагӏиялъе заманги батун.
Зоб-ракьалда гьоркьор гьечӏо батӏиял,
Тӏагьаясе нужгӏан рижи хириял,
Халикъасго тӏаса рищарал нужей,
Жаниб питнаялъе лъаларо гӏилла.
Гӏибадат гьабуни Бетӏергьанасе,
Гьесий гӏоло цоцай нуж хиралъани,
Лъаларо нужеда, божа, гӏумрудулъ,
Рохараб гурони, пашманаб заман.
Зодихъ цӏвабзаздаса, цӏоб гӏатӏидасе,
Гӏибадат гьабулев лагъго хирияв,
Хасаб гурхӏел-рахӏму рокьулел нужей,
Нужго кантӏанани, кибго батулеб.
Тамаша, гӏаламат, гӏунана дир черх,
Гӏундузда рагӏараб сасалъ вухӏана.
Хӏисаб гьабунани, гьаб гӏумруялда,
Гӏадан гӏадамасе – вацги тушманги!