Хунзахъа Гӏабдулхаликъ Хӏажиев ракӏалде щвезавуна Москваялда ва Каспийскиялда

21-22 февралалда Москваялда ва Каспийскиялда ракӏалде щвезавуна машгьурав разведчик ва дипломат Гӏабдулхаликъ Хӏажиев. 23 февралалъул байрамалде дандеккезабун гьеб кӏиябго тадбир тӏобитӏизе квербакъана гьесул вас Хӏажимурад Хӏажиевас ва гьесул гӏагарлъиялъ.

Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасул хӏакъалъулъ аслияб куцалда гӏадамазда лъана гьес жиндирго хӏакъалъулъ «Честь имею» абун хъвараб тӏехь къватӏибе бачӏун хадуб.

ДГУялъул историялъул факультетги лъугӏизабун, гьенивго аспирантураялда цӏалулев вукӏарав гьев ракӏалдаго гьечӏого ккола КГБялде.

1970-абилел соназда СШАялда ва 1980-абилел соназда Ливаналда дипломатлъун, разведчиклъун батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏана. 1986 соналда вукӏана КГБялда Америкаялъулаб мухъалъул нухмалъулевлъун. 25 сон разведкаялъеги кьун, пенсиялде ана полковникасул чиналда.

Гӏабдулхаликъ ракӏалде щвезавураб данделъи Каспийскиялда тӏобитӏана Серго Орджоникидзел цӏаралда бугеб машиностроениялъулгун сервисалъул училищеялда. Гьелъие квербакъана гьенивго мугӏалимлъун хӏалтӏулев Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасул гӏагарав чи Шамил Гьитӏиновас.

Жиндие бокьун букӏанин гьеб данделъи 20 декабралда, чекистазул къо кӏодо гьабулеб мехалъ, тӏобитӏизеян бицана гьес, амма доб мехалъ гьелъие рес рекъечӏила.

«Хадуб лъугьине рес бугеб цебеккунго лъалаан»

Шамилица, гьесул хӏакъалъулъ бицунаго, абуна жинда гьев ракӏалда вугин кидаго берцинго ретӏа-къарав, цо вихьаравго рекӏелъ восулев чилъун.

«Тӏоцеве дида гьев вихьана 1986 соналда. Доб букӏана нижер хъизан тӏоцебе шагьаралде бахъараб сон. Гӏабдулхаликъил чагӏи гӏумру гьабун рукӏана Махӏачхъалаялда, Николаевасул къотӏнор. Дида тӏоцебесеб нухалда гьезул рокъоб бихьана видеомагнитофон. Доб заманалда дун гӏадал лъималазе, хӏатта чӏахӏиязецин гьеб цо макьу гӏадаб жо букӏана. Гьединго ракӏалда руго гьес Ливаналдаса росун рачӏарал, гӏажаибаб тӏагӏамалъул сакъсалги. Гьеб киналъго дие доб мехалъ асар гьабичӏого хутӏичӏо.

Гьанже, сонал ун хадуб, дица хӏисаб гьабуна букӏинеселда лъугьине бегьулел цо-цо жал рекӏеда хъвалел рукӏун ругин гьесдаян. Дида ракӏалда буго, Хунзахъе вачӏиндал, цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазулгун хабар-кӏалалда вукӏаго, гьес абулаан магӏарухъ бугеб иццул лъим шушбузухъеги тӏун бичулеб къагӏида ургъани, лъикӏаб букӏинилан. Доб мехалъ гьеб лъицаниги къабул гьабун букӏинчӏо. Амма гьанже балагье, гьес абухъе ккараб куц. Бичулеб буго гури гьанже гьединаб лъим», — илан абуна Шамилица.

Хӏакъикъаталда гьединаб пикру загьир гьабулеб буго гьес жиндирго тӏехьалдаги: Ливаналда хӏалтӏулел соназ щибаб нухалъ гьезул «Наас» абураб лъел шиша кодобе босанщинахъе жинда кколаанила кигӏан лъикӏдай букӏинаан мугӏрул иццазул лъим шушбузухъеги тӏун, шагьаралда бичизе байбихьани. Доб мехалъго Москваялдаги цогидал шагьараздаги лъим къо бахъанагӏан чороклъулеб букӏиналъ тӏамун вуго гьев гьединаб пикру гьабизе.

Разведчикасул захӏматаб сухъмахъ

22 февралалда Москваялда тӏобитӏараб тадбиралдеги гӏемерав чи вачӏун вукӏанилан бицана Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасул вас Хӏажимурадица. Гьев ккола Россиялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул вакиллъиялъул Жамгӏияб Советалъул нухмалъулев. Гьеб къоялъ Гӏабдулхаликъ ракӏалде щвезавун вуго гьесул божарал гьудул-гьалмагъзабаз, разведчиказ, Москваялда ругел нилъер ракьцояз, гӏелмиябгун творческияб интеллигенциялъ.

Инсул хӏакъалъулъ гьез абурал рагӏабаз рекӏее гьабураб асар киданиги кӏоченарилан бицана Хӏажимурадица, хӏатта магӏу кӏанцӏизабурал лахӏзаталцин кканила.

«Гьединаб тадбир тӏобитӏун лъикӏилан абулеб букӏана дида чанго соналъ цебего инсул гьудулзабаз, гьезул цо-цоял жакъа чӏаго гьечӏо. Амма дица разилъи кьолеб букӏинчӏо гьелъие: инсуе бокьулароан цӏар-рецц.

Кин бугониги, Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялдаса жамгӏиял хӏаракатчагӏаз цӏакъ тӏад чӏун тӏалаб гьабуна гьанже гьединаб тадбир тӏобитӏи.

«Инсул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеязулъ цӏакъ гӏемераб жо бицине бегьула. Лъимерлъудасаго байбихьун, бигьаяб гуреб къисмат букӏана гьесул. Эмен рагъдаса вуссинчӏо, хӏехьезе ккана квачӏакълъи, чанги вакъана, чанги цӏорона. Хадуб жинцагоги тӏаса бищана бигьаяб гуреб гӏумруялъул нух. Гӏолохъанго хӏалтӏизе ккана разведчикасе бищун захӏматал пачалихъазул цояб – СШАялда.

Амма халатккун гьенив вукӏине рес рекъечӏо гьесул, Америкаялда гьев лъазавуна персона нон-граталъун (къабулав гурев чилъун). Гьединаб цӏар щвани, чи чияр пачалихъалдаса къватӏиве витӏула ва тӏокӏалъ киданиги гьениве ине нух къала. Узухъда, гьеб букӏана инсул махщалил хӏаракатчилъиялъул хӏасил. Хадуб букӏана Бейрут, гьенивги хӏалтӏизе ккана рагъул гъугъаялда гъоркь», — илан бицана Хӏажимурадица.

Гӏабдулхаликъие щварал шапакъатазда гьоркьоб буго Пачалихъалъул Хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул хъулухъалъул хӏурматияв хӏалтӏухъан абураб меседил гӏаламат. Разведчикасе гьеб цӏакъго къиматаб шапакъат ккола, Бахӏарчиясул Цӏваялъул гӏадаб гьечӏониги, гьелдаса къураб даража букӏунаро гьелъул.

Хадубго Хӏажимурадица ракӏалде щвезабуна пенсиялде ун хадуб инсул букӏараб гӏумруги. Цӏакъ бокьулаанила гьесие гӏагараб ватӏаналде вачӏине, бакӏ-бакӏалда тира-сверизе. Дагъистаналда гьес хӏетӏе чӏечӏеб бакӏцин хутӏанадайилан кколила жинда мех-мехалъ.

«Инсул гӏамал букӏана жиндирго бугеб жо ахириселде гӏунтӏунцин чияе кьолеб. Гьесда тӏад букӏунаан лъикӏаб багьаялъул ретӏел-хьит, амма лъида бугониги берцин бихьани, тӏаса бахъун гьеб кьезеги хӏадур вукӏунаан. Гьеб сабаблъун эбелги чанги гаргадулаан гьесде. Амма гьесул кидаго цо жаваб букӏунаан — инкар гьабизе кӏоларин абураб.

Гьединавлъун хутӏана гьев гӏумруялъул ахириял къоязде щвезегӏанги. 70 сонил ригьалъул гӏумру кьун букӏун буго инсуе. Нижедаго гьев дунялалдаса хехго анилан кканиги, жиндие гӏемерал сонал кьун рукӏун ругин Аллагьасилан абулаан гьес. Чанги жиндир божарал гьудул-гьалмагъзаби анила ракьалдаса, жив жеги анив вугила», — гьедин ракӏалде щвезавуна Хӏажимурадица эмен.

Диналдехунги инсул лъикӏаб бербалагьи букӏанилан бицана Хӏажимурадица хадубги. Гьев ракӏ ракӏалъго божулаанин Аллагьасда. Тӏадегӏанасдехун бугеб божи жиндир рекӏелъа киданиги инчӏин хъван буго гьес тӏехьалдаги, Аллгьас цӏунанин жив чанги балагьалда цеве. Ливаналда хӏалтӏулел соназда гранатометалъ рехун бачӏараб кӏудияб гулла, гьас бачунеб машинаги борлъун, жанибеги баккун кьвагьичӏого хутӏун буго. Гьединал лъугьа-бахъинал гьесул гӏумруялъулъ гӏемерал рукӏун ратиялда щаклъи гьечӏо. Ракӏалдаса унареб асар гьабуна диеги гьесул гӏумруялъги, цогидазда релълъинчӏеб гьесул къисматалъги, ракьалда гьес тараб лъалкӏалъги. Бокьа-бокьарав чияс тӏаса бищуларо гьединаб гӏумрудул нухги, бокьарав чиясухъа гуро бажарулеб гьедин гӏумру тӏамизеги. Гьелъие рижарал гӏадамал батӏиял рукӏунел руго. Гьеб тасдикъ гьабуна нилъее бергьараб гьунаралъул разведчик Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасги. Ахиралдаги гьес ракӏалде щвезаруна инсуца гӏемер абулел рукӏарал рагӏаби: «Чороклъараб ретӏел бацӏцӏад гьабизе кӏола, амма чороклъараб яхӏ-намус бацӏцӏад гьабизе кинавго чиясухъа гуро бажарулеб».

Тӏокӏабги битӏун кинха абилеб?