Дагьал церегӏан къоязда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул университеталъул пресс-хъулухъалъул фотограф Хӏажимурад Мухӏамадовас рахъарал суратазул выставка.
Шамил районалъул Лъезда росулъа Хӏажимурадица релъабаз суратал рахъизе байбихьана анкьго соналъ цебе ва гьеб ишалдеги гьев машгъуллъана 45 сон бараб мехалда.
Выставка рагьана ва нухда бачана республикаялъул халкъияб творчествоялъул рукъалъул отделалъул специалист Арсен Лугуевас.
Хӏажимурадида выставка рагьиги баркун, данделъиялда кӏалъазе рахъана гӏезегӏан гӏадамал.
Хӏ. Мухӏамадовас баркала кьуна выставкаялъухъ балагьизе рачӏарал гьудул-гьалмагъзабазе, гӏага-божаразе, ДГМУялъул, халкъияб творчествоялъул рукъалъул хӏалтӏухъабазе, Ленинкент поселокалъул № 35 школалъул педагогазе, цӏалдохъабазе ва абуна жиндир гьунаралъул къимат гьабулел рази гьаризе хадубккунги хӏаракат бахъизе бугин.