Улкаялда исана ичӏабилеб нухалда тӏобитӏулеб буго «Чӏагояб классика» абураб пасихӏго кечӏ рикӏкӏиналъул къец. Бищунго жигараб гӏахьаллъи гьабурал регионазул сияхӏалда буго Дагъистанги. Ахирал соназда рехсараб къецалъул финал тӏобитӏула Москваялъул Багӏараб майданалда. Марталъул ахиралда гьабизе буго къецалъул хӏасилги.
Жюриялда цадахъго, къецалъул хӏасил гьабиялъулъ гӏахьаллъизе руго Москваялъул Борис Щукинил цӏаралда бугеб Театралияб институталъул педагогалги. Экспертаз бищунго пагьмуялин цӏар чӏварал финалистал росизе руго рехсараб институталде цӏализе.
Проекталъул сайталда гӏуцӏараб онлайн-гьаракь кьеялъул хӏасилалда церехъабилъун рикӏкӏана 30 регион. Гьезда гьоркьоб буго нилъер республикаги. «Гьел регионазда гӏуцӏизе руго 11-абилел классазул цӏалдохъабаз кучӏдул рикӏкӏиналъухъ гӏенеккиял. Экспертаз тӏадегӏанаб къимат кьурал цӏалдохъабазе рес щвезе буго Б. Щукинил цӏаралда бугеб Театралияб институталда цӏализе хӏалбихьиялъул къецалда гӏахьаллъизе – гьел рачӏинахъего росула кӏиабилеб туралде», — ян баян гьабуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул хӏалтӏухъан Лейла Арсланбеговалъ.