Чӏварав нижехъа кӏиго гӏолохъанчиясул, гьел хванин кагътал кьечӏого, бесдал хутӏарал гьезул лъималазе пенсия гьабун букӏана дица, бегавуллъун хӏалтӏулев чияс. Гьебги кколелъубе щвезабун, дун кӏиго моцӏалъ туснахъалда лъун вукӏана. Гьенир хъварал мухъал руго гьал.
Дий хӏукму къотӏараз къанщайги берал,
Къватӏул гьойдул гӏадин, гӏакълуги босун.
Тӏаса гӏарза хъварал хъубал гӏадамал
Хъорщол ящикалъур щула гьареги.
Дун тӏаде вегулел гьал цӏулал нарал
Цӏадул хӏубилъаги хӏалихьатазе.
Хӏалхьуда дун течӏел къадарал чагӏи,
Къадар хехаб бачӏун, молода къайги.
Дий кваназе кьолеб баландаялда
Болъонил гьан жубан кваназе ккайги.
Регизеян лъураб ишконка-кровать
Жидерго хабада хъанчлъун чӏвайги.
Гьанир жанир ругел карцер-камерахъ,
Гьабураб лъачӏеца лъагӏелал райги.
Нуцӏида кӏетӏолел кӏудиял кӏулал,
Кӏалги къан чӏечӏезда мацӏалда райги.
Дун вугеб рукъалъул гордул хьуразул,
Хьалбал лахӏтуялъул гьаризе ккайги.
Бокӏнида кӏутӏараб парашаялда
Тӏаса рахъулареб унти речӏчӏайги.
Нуцӏил кӏалтӏа ругел хъаравулзабаз,
Хъубаб агьлуйилан цӏунизе ккайги.
Туснахъ сверун ругел надзирателаз,
Ракӏ бухӏаравги хун, вукъизе ккайги.
Бесдал лъималазда квер чӏванин хъварал,
Бесдалазул рокъор ракъуца хвайги.
Мискин-пакъирасул суал борхарал,
Садакъаялъ хьихьун гӏумруго айги.
Дие къор бухъараб къадараб уммат,
Къо гьоркьоб инчӏого, гӏодизе ккайги.
Къваридаб рокъове дун ккезавурал,
Гьалагаб гӏуруца росун айги нуж!