Тӏоцебесеб нухалда Мисай Халидова йихьана дида ИЯЛИялъул аспирантураялда цӏалулеб заманалда. Гӏодое йиччарай, сабурай, хӏеренаб каламалъул, гӏелмияб цӏех-рехалда хурхараб суалалъе мухӏканаб жаваб кьезе бажарулей…

М. Халидова хӏалтӏудаса нахъе анилан бицаралдаса нахъе букӏана гьей йихьизе гъира. Дагьалъ цее дун ана гьелъухъе гьоболлъухъ. Гӏумруялъулгун гӏелмуялъулги хъизамалъулгун рукъалъулги бицун, таманаб заман бана гьелъулгун накъиталда.

Мисай Халидова гьаюна 1936 соналда Хунзахъ росулъ. Цӏалана Махӏачхъалаялъул №4 школалда ва 1961 соналда лъугӏизабуна ДГУя-лъул филологияб факультет. Гьебго соналъул декабралдаса нахъе хӏалтӏана ДФИЦалъул Мацӏалъул-гун адабияталъул ва искусствоя-

лъул институталда (ИЯЛИ). Йикӏана ИЯЛИялъул гӏелмиябги диссертациялъулабги советазул членлъунги.

1973 соналда цӏунана «Магӏарул фольклоралъул гӏисинал дидактикиял жанрал» абураб темаялда филологиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация; 1997 соналда – «Дагъистаналъул халкъазул мифазулаб ва тарихияб эпос» абураб темаялда докторлъиялъул диссертация.

«Дие кидаго бокьулаан художествиял асарал цӏализе. Дир эмен, Расул Халидов, вукӏана разведчик, рагъул гӏахьалчи, хадувккун КГБя-

лъул хӏалтӏухъан. Инсуе бокьун букӏана дун тохтурлъун яхъине, амма дир ракӏалъ тӏаса бищана ДГУялъул филологияб факультет. Яц ана медицинаялде – гьелъ тӏубазабуна инсул анищ.

Университет лъугӏидал, хӏал-тӏизе байбихьана РАНалъул филиаллъун букӏараб Гӏелмияб Централда. Байбихьана лаборанталъул хъулухъалдаса. Пенсиялде иналде дун яхъана бетӏерай гӏелмияй хӏалтӏухъаналъул даражаялде», — ян бицана гӏалимчӏужуялъ.

Гьелъул тӏоцебесеб гӏелмияб цӏех-рехалъе нухмалъи гьабулеб букӏана Гӏали-Хӏажи Ахлакъовас. Амма, диссертация хъван бахъиналдего, Аллагьасул къадаралде щвана гьев.

«Гӏажаибаб хасияталъул инсанги пагьму камилав гӏалимчиги вукӏана гьев. Чӏаго хутӏаравани, нилъер гӏелмудулъ гӏемерго цебетӏей лъугьинаан. Амма, гьев хванилан абун, дица цӏияв гӏелмияв нухмалъулев кьеян тӏалаб гьабичӏо. Диссертациялдаги гьевго вихьизавун вуго, нухмалъулев хӏисабалда», — ян ракӏалде щвезабуна Мисай Халидовалъ.

Кицабазулгун абиязул, бицан-кӏабазулгун гьара-рахьиязул, ай гӏисинал жанразул цӏех-рех гьабулаго, Мисай Халидовалъул пикру тӏаде цӏана мифаз. Гьеб букӏана жеги абизегӏан гӏелмияб цӏех-рехги гьабичӏеб, рикӏкӏадал районазда цӏунун хутӏараб кӏалзул гьунара-лъул жанр. Гьелъ байбихьана цӏияб гӏелмияб цӏех-рех. Ва тӏолабго гӏумруялъул аслияб ишлъунги лъугьана мифазул анализ гьаби.

«Дие ккараб икъбаллъун дица рикӏкӏуна инсул гӏемерал гьудулзаби рукӏин. Гьел рачӏунаан нижехъе гьоболлъухъ. Дир гӏелмияб хӏалтӏул бицен ккараб мехалда, гьез ракӏалде щвезарулаан жидерго бакӏазда машгьурал биценал, гӏажаибал лъугьа-бахъинал. Дица гьел хъвалаан. Хадубккун унаан гӏелмиял экспедициязде. Гӏемерал биценал хъвана дица Лъаратӏа, Цӏунтӏа, Цӏумада, Гӏахьвахъ ва цогидал районазда. Моцӏалги ралаан гьединал сапаразда. Гьениса бакӏарараб материал кьолаан Квералъ хъварал хӏалтӏабазул фондалде. Батӏи-батӏиял бакӏазда ратулаан цоцазда релълъен-хъвай бугел асарал. Гьеб мехалда байбихьулаан гьезул мухӏканаб цӏех-рех гьабизе», — ян бицана гӏалимчӏужуялъ.

Пуланаб бакӏалда батараб мифологияб бицен кин бижараб, щиб гьелъие кьучӏлъун ккараб? Кинаб бухьен бугеб гьелъулги халкъалъул хӏакъикъияб тарихалъулги? Цогидал дагъистаниязул мифологиялда ругищ гьединаб магӏнаялъул асарги гьенир рехсолел багьадурзабиги? Гьел ва цогидал суалазе жавабал ралагьулаго, рижулел рукӏана цӏи-цӏиял гӏелмиял хӏалтӏаби.

М. Халидовалъул къалмикьа къватӏибе бачӏана 140-гӏанасеб гӏелмияб хӏалтӏи. Гьелъул берзукье ккана поэзиягун прозаялъул киналниги жанразда хъварал мифал. Яккана гьей нартазул эпосалъулгун Кавказалъул рагъул замана-лъул халкъиял асаразул гъварилъу-деги. Цӏех-рехалъул хӏасилалда якъинлъарал цӏиял хӏужабазул хӏакъалъулъ Мисай Халидовалъ бицана гӏелмиял дандеруссиназдаги, халкъазда гьоркьосел данделъа-баздаги, хадур къватӏире рахъарал мажмугӏаздаги. Гьей гӏахьаллъана Махӏачхъалаялда, Грозныялда, Тбилисиялда, Элистаялда ва цогидал бакӏазда тӏоритӏарал гӏелмиял данделъабазда. Басмаялде рахъана жинцаго ва цогидал гӏалимзабигун цадахъ хъварал монографиял.

М. Халидова мустахӏикълъана пачалихъиял шапакъатазеги. Гьей ккола ДРялъул гӏелмуялъул мустахӏикъай хӏаракатчӏужу. 1995 соналда гьелъие кьуна ДРялъул Пачалихъияб премияги.

Гьабсагӏаталда Мисай Халидова йиго мустахӏикъаб хӏалхьиялда. Гьелъул ракӏгъезабула лъималазул лъималаз. Вас Камил вуго биологиял гӏелмабазул доктор, гьев ккола ДФИЦалъул Каспиялда цебе бугеб биологиял сурсатазул института-лъул директор. Яс Динара йиго тохтур-педиатр.

Эбелалъул хӏакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна гьез: «Гьатӏанкъоялги байрамкъоялги рокьулароан гьелъие киданиги. Цогидал хӏалхьиялда рокъор чӏараб заманалдаги унаан хӏалтӏуде. Тӏехь цӏалулареб заман гӏадада арабин абула гьелъ жакъаги. Лъагӏалидасаги цӏикӏкӏун мех бана эбел хӏалтӏудаса нахъе аралдаса. Ниж хӏинкъун рукӏана, гьелъухъа рокъой чӏун бажариларин абун. Амма дагь-дагьккун ругьунлъана. Мех-мехалда гьелъухъе рачӏуна ишцоялги».

Гьайгьай, жеги бокьилаан хӏалтӏизе, амма чорхол хӏалги бичӏчӏун, Мисай Халидовалъ хӏукму гьабуна хӏалхьиялда чӏезе. «Аллагьас сахлъиялда таги мун, Мисай Расуловна», — янги гьарун, рекӏелъ адабалъул асаргун къо-лъикӏ гьабуна нижеца.