Кӏиго чӏужугӏадан квешго цоцалъ рагъанила. Руччабазул рагъалдаса гӏасияб жо щибха букӏинеб, ботӏродаса цоцазул бетӏун рас тӏагӏанила, гьурмаздаса хъарсун хъалги лъугӏанила кӏиязулго.
Цо талихӏалъ тӏаде гӏадамалги щун, ратӏа гьарун рокъо-рокъоре щвезаюнила кӏияйго. Гьединги хӏебтӏичӏого, хадур тӏохдеги рахун, цоцазде хьандезе, рогьрал разе лъугьанила гьел.
— Зодоб цӏва рикӏкӏун цӏцӏеги кьеги, цӏцӏаназда рас рикӏкӏун балагьги рещтӏаги дуда, — ян ахӏанила цоялъ.
— Лъарахъ чваходал гьаракь къотӏаниги, дур рокъоса магӏил гьаракь къотӏугеги, — ян хьанданила данде гьай цояйги.