«Миллат данде къалеб гӏарцул къадиро» — гьадин абулеб буго Залму Батировалъ, Суракъат Асиятиловасе сайгъат гьабун хъвараб цо кочӏолъ. Халкъияй шагӏиралъул гьелго рагӏабаздалъун къимат кьелаан дицаги, тӏолалго магӏарулал цого пикругун цого бакӏалде данде ракӏарулеб авар мацӏалъул фестивалалъе.
Гьединаб байрам нилъер букӏинчӏо ва цоги гьечӏо. Цояз абизе бегьула гьеб кечӏ-бакъан жубараб тадбиралъищ мацӏ цӏунулебин, цогидал рекъечӏого рукӏине бегьула шапакъатал кьезе рихьизарурал цӏаразда, лъабабилел — тӏубанго рикӏкӏадал, гьелъул кӏварго гьечӏел. Амма руго гьенире щвечӏого чӏезе кӏоларелги магӏарулал.
Байрамалъул сурат: разиял гьурмал, гьудулзабазда балеб къвал, гӏемеразул къвалакь авар мацӏалда рахъарал тӏахьал, газет-журналал, гӏинда чӏвалеб гӏагараб мацӏалъул калам. Зурмил къвакъвай, къолол двари, кьурдул сверулъ тириго бахъулеб некӏсияб расен. Бакӏ-бакӏалдаса рагӏулеб тӏармил накъит, гьунар тӏокӏал кочӏохъабаз чӏаго гьарулел халкъиялгун миллиял бахӏарзал — Бахтика, Хочбар, Шамил, Хӏажимурад, щущахъ биххизабураб Надиршагьил бо, бухӏи цӏикӏкӏараб Ахӏулгохӏ.
Буцараб тӏохол махӏ, бикьулеб чӏер, чӏагӏдал бакӏалда гьекъолеб тӏохол лъама, къелдерил хӏунтӏер, хунздерил гьалилгӏатӏал хинкӏал, гъунисезул тӏутӏ. Кинабго рехсон хӏал кӏвеларо. Жидерго азбаралда гӏадин эркенго, миллияб ратӏлилъ рекерахъдулел лъимал. Гьел гӏуна фестивалалда цадахъ, ругьунлъана Тубхӏатил гьайбатаб «Алипбаялдаса» мухъал рищизе, гьезда лъала магӏарул мацӏалда кечӏ цӏалулел гурезе гьаниб рагӏи букӏунареблъиги. Гьитӏичазулъ гъира цӏикӏкӏунеб буго къец бан рахьдал мацӏалда цӏи-цӏиял кучӏдул лъазаризе. Гьаниб буго магӏарул рухӏги махӏги, миллаталъул гугьарги, горсверулъ къадруял гӏадамалги. Гьаб тадбиралъ ахӏулел руго гӏаркьалаби цӏилъулеб хӏалалъ кьалбал беэнлъизаризе. Гьанир гьечӏо мацӏ цӏунизе кколин гьарулел чӏорогоял кӏалъаял, чӏамучӏаб рецц-бакъ, гьаниб рещтӏун буго магӏаруллъи.
Гьаб байрамалъ къватӏире рахъинарун руго гъансинир рукӏин кӏочарал кӏодол хъабалаби, гормендаби, магӏида басралъарал тӏингъал, буртаби ва бухараби. Гӏолилазулъ бижулеб буго цӏияб гъира — жидер логол роцада цӏиял чухъабигун хъабалаби рукъизе, миллияб ратӏлилъ матӏуялда цебе свери бахъизе.
Гьудуллъи щулалъулеб буго, жиде-жидер бокӏнире руссун анцӏ-анцӏ сонал арал райгазетазул коллективазул. Гьенибго — мухбирзабаз бицунеб гӏаммаб махщалил хабар, дандбалеб пикру, бикьулеб ургъел. Гьале миллияб аслу рагьулеб руцӏцӏен, тӏокӏаб гугьаралъул гъансито.
Жидер хаслъи цӏунарал, гьунарал гьарзаял районал: Чӏарада, Шамил, Хунзахъ, Унсоколо, Лаваши, Гъуниб, Гумбет, Гӏахьвахъ, рикӏкӏадал Лъаратӏагун Цӏунтӏа, Цӏумадагун Бежтӏа — тӏолабго магӏаруллъиялъул халкъиял гьунарчагӏи рещтӏараб сухӏмат. Халкъалъул рекӏелъа аваданлъи тӏубан бачахъани гӏадамал мукъсанал, хъантӏарал, тавакаллъи гьечӏеллъун лъугьуна. Гӏунгутӏабиги тӏокӏлъабиги нилъе-нилъерго хьагинир гьалдон роцӏцӏунарелъул. Батӏатӏун щибаб мухъ чӏани тӏатунаро цӏиял гьунарал, мисаллъун рехсезе къадруял цӏарал, пайдаял ишал.
Жидер миллаталъул рухӏияб ирсалъул къимат лъалес хӏурмат теларо цогидазул культураялъулги. Росу-ракьалъул гӏадат-гӏамал лъалес, гьелъул хӏурмат гьабулез мугъ свериларо инсул ракьалде, рахьдал мацӏалде.