Цӏунтӏа

24 февралалда радал ичӏгоялде бащдаб хӏалтӏараб заманалда цӏа рекӏана Цӏунтӏа районалъул Махъалалъ росулъа Гъазимухӏамад Гадаховасулги Мухӏамад Мухӏамадовасулги минабазда. Гӏадамазул кумекалдалъун бажарана цӏа свинабизе. Кумекалъе рачӏун рукӏана мадугьалихъ росабазул жамагӏаталги. 35 километралъ рикӏкӏада ругониги, къварилъи ккаразде хехаб кумекгун тӏаде щвана Кидиро, Шагьикь, Шаури, Хъебалъ ва цогидал росабалъа гӏолохъаби. Хадурго цун рачӏана цӏа свинабулезул машинабиги.

Цӏа ккеялъул хӏасилалда микьго цӏараки жаниб хӏебтӏарал минаби рухӏана ва кӏигоялъе гӏураб къадаралда зарал ккана. Кӏикъоялда ункъо чи хутӏана жаниве лъугьине бакӏ гьечӏого. Гьелъие санагӏалъи гьабуна росдал школалъул тӏоцебесеб тӏалаялда ругел рукъзабахъ. Гьенир цӏалулел рукӏана байбихьул классазул цӏалдохъаби – гьезие дарсал кьезе руго кӏиабилеб сменаялда.

Бакӏалъулаб администрациялъул бетӏер Мухӏамад Мухӏамадовас абуна къварилъи ккаразе квен-тӏехги ретӏелги чӏезабиялъул масъала тӏубазабулеб бугилан. Гьес бицана гьезие заманалда хӏебтӏизе санагӏатал рукъзал ралагьулел ругиланги.