Миллион хъамурал хъурумсахъазда

Хъапас балареб кин, кодор щваниги?

Кварил кӏичӏ рекъараб мукъулукъалда,

Нах бахунеб кинаб квеш хьваданиги?

Бюджет бикьулелги гьеб бикъулелги,

Кьурса рехулареб хабар-гӏадлуйищ?

Къануназда тӏадги жал релъанхъулел

Милицаби толеб туснахъ гьечӏебищ?

Чвантихъги балагьун хӏукму къотӏулеб

Цӏогьабазул диван – Дагъистаналда.

Цӏикӏкӏун бикъарасул гӏакъил гьавулеб,

Гӏажаибаб хӏукму – хӏукуматалда.

Огь, дир кереналъе квеш букӏунеб куц,

Ишалда рекъечӏеб къотӏи рагӏидал.

Къваригӏун вугоан дида вихьизе,

Жинца кьураб рагӏул гӏоркь кколев хӏаким.