Шамил

Районалъул больницаялда тӏобитӏараб медхӏалтӏухъабазул данделъиялда кӏалъалаго, ЦРБялъул бетӏерав тохтур Ибрагьим Халиловас хӏисаб кьуна гьабсагӏаталда районалда унта-щокълъиялда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.

— Районалда вуго 29542 чи. Гъоркьиса гьабуна 610 лъимер, хвана 180 чи. Диспансеризациялъ гъорлъе вачана 4931 чи ва 6309 лъимер. Гьебго заманалда районалда вуго онкологиялъ унтарав 177 чи. Лъимер гьабулеб ригьалда йиго 7329 чӏужугӏадан. Амма квеш ккараб жо буго ахӏидалгӏаги гьел тохтурзабазухъе рачӏунгутӏи. Гьеб рахъалъ гьабулеб бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи буго щвалде щвечӏеб, — ан бицана бетӏерав тохтурас.

Данделъиялда бицана сахлъи цӏуниялда хурхарал кӏвар бугел цогидал масъалабазул хӏакъалъулъги.

* * *

23 февралалда Хӏебда культураялъул кӏалгӏаялда тӏобитӏана рохалилаб данделъи. Гьениб районалъул школалъул учительзабаз бихьизабуна «Чӏаго хабалъ рукъуларо» абураб пьесаялдаса сценка. Рагъул байбихьиги, гьенире гӏолохъаби тӏоритӏиги, рагъ лъугӏиялъул рохелги загьир гьабуна Тӏидиб росдал школалъул учительзабаз. Рагъул темаялда кучӏдул ахӏана Гьентӏаса Ахӏмадова Кусумица, Ругъелдаса Хӏажиев Гӏабдулхӏакимица ва Тӏаса Бакълъухъа Ахӏмаев Хӏажица.

Районалдаса армиялда хъулухъ гьабулев 71 рагъухъанасе сайгъат гьарурал кучӏдулги ахӏана гьенир.