Гьал къоязда Цӏияб Хуштада росулъ бан лъугӏана лъикӏаб-квешалъеги, хвел-гӏелалъеги дандеруссине кӏитӏалаяб мина. Гьеб бана Сайпудин Исмагӏиловасул хӏаракаталдалъунги, росдал жамагӏаталъул кумекалдалъунги.
Тӏоцебесеб тӏалаялда буго 200 чи гӏодов чӏолеб бакӏ, богорукъ. Аскӏорго ран руго библиотекаги спортивияб залги.
Гьеб мина рагьулеб данделъиялда гӏахьаллъана росдалго жамагӏат, рачӏун рукӏана гӏемерал гьалбал.
Данделъиялда кӏалъазе рахъараз баркала загьир гьабуна росдал жамагӏаталъе, гӏолохъабазе ва гьездаго цадахъ гьенибе гьезие квен-тӏехалъе кумек гьабурал руччабазе.