Цо къоялъ эбелалъ дида гьарана жинда цадахъ тукабазде вилълъайилан, жиндие ретӏел босизе. Сабру гьечӏев чи вукӏиналъ, дие бокьулароан тукаби сверизе, хӏаракат бахъулаан гьениве инчӏого чӏезе. Эбелалъе кинха инкар гьабилеб?
Угьун хӏухьелги биччан, дун разилъана. Гьенире щведал, дир ццин бахъин цӏикӏкӏана, нижеца сверана киналго тукаби. Цоялда хадуб цояб гьабун ретӏулел рукӏана эбелалъ гурдал, амма цонигиялда рекъолей йикӏинчӏо. Заман унеб ва дир сабру лъугӏулеб букӏана, ахирги эбелалъ цо гурде тӏаса бищана.
Дица гьей ретӏел ретӏунеб бакӏалде щвезаюна ва дунго къватӏив чӏана. Дагьаб заманалдасан гьелъ дун гьениве ахӏана, гьелда кӏолеб гьечӏоан нахъехун бугеб маргъал базе. Гьелъ дида гьарана кумек гьабеян. Херлъиялъги унтиялъги кӏичӏарал гьелъул килщаз цӏакъ хӏаракат бахъулеб букӏана маргъал базе, амма бажарулеб букӏинчӏо.
Эбелалъул килщал… Гьебсагӏат, гъоб ццин бахъинги ун, дир рекӏелъе гурхӏалил ва рокьул карачел гьулчун бачӏана. Дун довехун вуссана, гьелдаса магӏу бахчизе. Къуватги бакӏарун дица маргъал бана, амма кверал сородилел рукӏана.
— Дуе щиб, дир вас? — ан гьикъана эбелалъ.
— Щибго гьечӏо, эбел, кинабго лъикӏ буго, — ян абуна дица, гьелдаса бералги рахчулаго.
Гурдеялъухъ гӏарацги кьун, ниж рокъоре ана. Тукабазде гьабураб гьеб сапар дида гӏумруялъ рекӏелъ хутӏана.
Доб къоялъин абуни дида цебеса унеб букӏинчӏо эбелалъул кверазул сурат, кигӏан хӏаракат бахъаниги маргъал базе кӏоларел кӏичӏарал килщал!
Гьел кверал руго дие бищун хириял! Гьел квераз кваназавуна дун, ретӏел ва хьитал ретӏана дида, хъулухъ гьабуна ва рокьи кьуна дие. Гьел кверал цере ккун гьабуна дие дугӏа, гьарана Аллагьасда дун цӏунейилан. Кин бегьулеб гьел кверал, гьезул хӏеренлъи, тамахлъи кӏочене?
Сабру гьабизе кӏвечӏого, къаси дун ана эбелалъухъе, дирго квераз гьелъул квералги ккун, гьезда убач гьабуна. Гьей гӏажаиблъун хутӏана!
— Эбел, — ан абуна дица сородулеб гьаракьалъ, — дир хирияй эбел, дур кверал руго дунялалда тӏад бищун берцинал кверал! Дир хьул буго ва дугӏаги гьабулеб буго, гьел дур гӏадал берцинал кверал дирги рукӏинел ратилин кида-къадги. Баркала, эбел, киналъухъго.