Херазул тӏалабалда

Гӏабдурахӏманова Равзат ккола Гъуниб районалъул Кӏогьориб росулъа. 1987 соналдаса нахъе, ригьнаде аралдаса, гӏумру гьабун йиго Гъуниб росулъ.

1996 соналдаса нахъе гьей хӏалтӏулей йиго Гъуниб КЦСОНалда. Гьей йиго мисалияй хӏалтӏухъан. Жиндир тӏалаб-агъазалда ругел херал гӏадамазе гьелъ кӏудияб кумекги гьабула, тӏадаб ишги ракӏбацӏцӏадго тӏубазабула. Къойилго щола гьей жиндаго хадур рухьинарурал херазухъе.

Аллагьасул рахъалдасан кириги бугеб, гӏадамалги разияб хӏалтӏи тӏубазабулей Равзатие гьарула кинабго лъикӏабщинаб.