Магӏарулазул тарихалъулъ, маданияталъулъ ва адабияталъулъ гӏураб бакӏ ккун буго чӏужугӏаданалъул хӏакъалъулъ хӏеренго хъварал асараз. Гӏумруялъго жал мисаллъун хутӏарал, жакъаги жидерго берцинаб гӏамал-хасиятгун хьвадулел руччаби дагьал гьечӏо.

Гьединазул цояй ккола Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъ гӏумру гьабун йигей Инхокъвариса Ахӏмадудинил яс Патӏиматги.

Гьечӏо гьелъул каранда рарал орденал, медалал, кьурал тӏадегӏанал цӏарал, гьей йиго гӏицӏго гӏадатияй эбел. Бищун кӏудияб талихӏлъун гьелъ рикӏкӏуна жиндирго лъимал битӏараб, гӏадамазе пайдаяб нухдасан ине куцазе бажари.

Лъимерлъудаса нахъего Патӏиматица баччизе ккана чӏахӏиязецин борхизе захӏматаб къварилъиялъул гьир.

— «Энкеведешникалин» абулел чагӏаз дир эменги кӏудадаги сардилъ рачун ана, — ян къваридго ракӏалде щвезабуна Патӏиматица. – Ана, кире арал лъачӏого тӏагӏана.

1944 соналъул цӏорораб февраль моцӏалъул къояз, хӏал гьабун, магӏарухъа гочинаруна чачаназул Ведено районалде. Анкьго сон барай Патӏимат хӏамил кьолода цее, нахъа гьитӏинав вац Хӏамзатги лъун рахъана сапаралде.

— Гӏемерал нижер росуцоязе къадар щвана доб заманалда Чачаналда. Рагъ лъугӏун хадусел сонал рукӏана цӏакъго захӏматал. Жидерго гӏумру гьабулеб аслияб бакӏ хисиялъги батилаха, батӏи-батӏиял унтаби раккана, ракъун хутӏана. Чӏахӏ бакӏарулаан, мичӏчӏ бетӏизе унаан. Гьебги белъун, чурпа гӏадаб жо гьабун кваналаан рухӏ хвасарлъиялъе.

1957 соналда, гьанжего гьанже гӏумру-яшав рукӏалиде буссиндал, жидерго бакӏазде тӏадруссана чачанал. Гьенисаги гочинарун цӏидасан базе ккана Октябрьское абун цӏар кьураб росу…

Ахӏмадудинил Патӏимат гӏадал бахӏарчиял улбузул хӏакъалъулъ бицен чанго рагӏудалъун лъугӏулеб хабар гуро. Гьединлъидал дицаги дагьаб гӏатӏидго бицина росуцоялъул хӏакъалъулъ.

Ведено районалъул Акнада росулъ анкьго класс лъугӏарал гӏелбащадалгун цадахъ, доб заманалда ясазе хас гьабун Ведено райцентралда рагьараб интернаталде ана Патӏимат цӏализе. Ясазул интернат букӏана Шамилил тахшагьар букӏанилан абулеб, сверун ганчӏил борхатаб сангар бараб бакӏалда. Гьениб ичӏго гурони класс лъугӏизабизе течӏо эбелалъ, Патӏимат ригьнаде кьуна. Рос Мухӏамадгун цадахъ гочана Октябрьскоеялде. Патӏиматил эбел Хадижат, росуцоялгун цадахъ, магӏарухъе тӏад юссана. Гӏатӏиракьалда гочарин свакарал инхокъварисезул хӏукму ккана анкьумумузул ракьалде нахъ руссине.

Гӏемераб гӏакъуба бихьана гӏатӏиракьалде гочаразда гьениб яшав гӏуцӏизе, хьуцӏал ругел авлахъазда ах-хур гӏезабизе. Гӏемеразул сахлъи загӏиплъана.

Гьелда бихьичӏеб гӏакъубаго хутӏун батиларо. Жеги рогьел балелде щвезе кколаан, росдадаса анлъго-анкьго километралъ рикӏкӏад бугеб фермаялде. Радалги къасиги 15-20 гӏака бечӏчӏун, бачазе хъулухъ гьабун рокъое щведал, лъимал-хъизам, жиндирго магӏишат нухда бачинеги бигьаго букӏинчӏо. Амма гӏадада ккечӏо Патӏиматил захӏмат, эбел-эмен разиял, гӏадамазе пайдаял, сундулъго бажари бугел рахъана гьелъул киналго лъимал.

— Кутакалда талихӏай эбеллъун рикӏкӏуна дица дунго, — ян абула Патӏиматица.

Тӏокӏабги кӏудияб рекӏее парахалъи ва рохел кинабха къваригӏинеб чӏужугӏаданалъе.