«Хӏакъикъаталде» битӏун бачӏараб СМСалда цӏехолеб буго: «Къваригӏун бугищ «Дагъистаналъул эбелалъе» памятник лъезе, улбузул ахӏи лъидаго рагӏулеб гьечӏеб мехалда? Чан эбелалъ балагьулеб бугеб араб бакӏ лъачӏого тӏагӏарал, чӏварал жидерго васал ругеб бакӏ? Хӏасанхӏусеновазул эбел чан къоялъ эхетарай тахшагьаралъул аслияб майданалда? Щив гьелда аскӏове вачӏарав ва лъица гьелъул суалазе жавабал кьурал?»
«Эбел» абураб рагӏудаса берцинаб цоги рагӏи ракьалда батиларо. Щиб мацӏалда гьеб абуниги, гьелъулъ буго хӏалимлъиги, хӏайранлъиги, хинлъиги, недегьлъиги. Инсанас чан сон баниги, гьесие къваригӏуна эбел, гьелъул хӏеренлъи, балагьи. Кигӏан кӏудияб рокьи эбелалдехун батаниги, гьедигӏанго рохалилаб ва талихӏаб букӏуна инсанасул гӏумру.
Нилъее рокьула яцалги, лъудбиги, ясалги, амма къварилъиялде ккедал, «эбелин» ахӏула бухӏараб ракӏалъ. «Инсанасулъ бугеб лъикӏабщинаб Аллагьасдасан ва эбелалъул рахьдадасан буго», — ян абун буго цо гӏакъиласги.
«Эбел чӏаго йигебгӏан мехалда нилъ лъималлъун рукӏуна, ай нилъедаса талихӏ рикӏкӏаде унаро. Эбелалъул адаб гьабичӏони, гӏаламалъ рогьо бала ва херлъидал дуцаго дуде нагӏанаялъул хӏацӏуги тула», — ян абуна цоги гӏакъилас.
«Дида лъай лъалелдего хун ятана эбел, гьелъул хинлъи лъачӏого, гьелъ каранде къачӏого гӏуна дун. Жакъаги, лъабкъойидаса арав дир, эбелалъ беэдулеб лъимада ракӏбахиллъун, бадиб магӏу хулула», — ян бицана цо херас.
Берзул нурлъунги, рекӏел дарманлъунги вукӏана эбелалъе Ахӏмад. Бесдаллъи бихьизе течӏо гьелъ васасда, гӏадамалъе вахъинавуна, бертин гьабуна. Бахӏаралъе якьадгун цо рокъой йикӏине бокьичӏо, хӏилла-макру гьабун, гьелъ рос, эбел херазул рокъое кьезе тӏамуна. Васасул хӏалихьалъи хӏехьезе кӏвечӏей пулан, рекӏел унтиялъ, заман иналдего къадаралде щвана. Росуцоязул гӏайиб-гъвелалдаса лъутун, Ахӏмад шагьаралде гочана…
Нахъасан чи гьечӏей гӏадан йикӏана Гӏайшат. Жигарав, цӏодорав, лебалав вас Баширидаса чӏухӏун йикӏунаан гьей. Лъикӏал къиматазда школаги лъугӏизабун, тахшагьаралде цӏализе ана гьев. Цӏалулаго хӏалтӏулевги вугилан, къанагӏат гурони эбелалъухъе щолароан. Хадуб, жавабияб хъулухъалда вугин, чанго соналъ вачӏинчӏо росулъе. Эбел унтун йигин мадугьалас кьабураб телалъ вачун, кватӏараб гӏужалъ щвана гьев росулъе. Гьениве щведал лъана эбел камурайлъи. Хадуб мадугьалас бицана: «…захӏматаб унтиялъ чарахвезабун букӏана пакъиралъул. Амма щибаб къойил, гӏанса гӏунтӏун, хӏалалъ яхъунаан росдада цебе бугеб гохӏде, канлъи ссварал бералги нухда лъун, «дир Башир вачӏунев гьечӏодай» абун, къоялъ балагьун чӏолаан».
Чанго къоялъ хабаде хьвадана Башир, тӏаса лъугьаян гьелда гьардолаго, гӏемераб магӏу тӏуна, гьелда хадуб садакъа гьабуна, хабатӏа мармаралъул зани эхетана. Эбелалъе гьелдаса гьечӏеб пайдаха?! Жиндаго ккараб гӏайиб бецӏизелъун гьабулеб жо букӏана гьеб кинабго.
Гьединал, ай эбелалда аскӏоб хияналъи биччарал, эбелалъухъе нух къосарал чагӏи жакъа Дагъистаналда гӏемер руго. Руго, цеего эбел камун йигониги, гьелъухъ бугеб гӏорхъи гьечӏеб чӏалгӏеналъ «огь, эбел, мун дие камун йигеб куц» абун, гьелда хадур угьдулелги. Гьединазе къваригӏуна гьей ракӏалде щвезелъун ва рехсезелъун квер гӏунтӏулеб бакӏалда букӏине эбелалъул сурат, сипат, памятник.
Щибаб шагьаралда, райцентралда ва росулъ эбелалъе лъураб памятник букӏине ккелин рикӏкӏуна дица.
Гьайгьай, памятник баялъул проект бахъиялъе лъазабизе ккела къец, скульпторазул ва халкъалъул вакилзабазул цадахъаб жюриялъ тӏаса рищизе ккела данде кколел эскизал. Гьедин тӏаса бищараб памятник лъезеги ккела бищунго борхалъуда.
Гьединаб памятник лъугьинаан яхӏ-намусалде гӏадамал ахӏулеб, улбузе лъикӏлъи гьабизе гӏолилал куцалеблъун. Гьелъ кумек гьабилаан гӏолохъанаб гӏелалъе битӏараб тарбия кьеялъеги.
Хӏурматиял цӏалдолел, гьаб макъалаялда загьир гьабулеб пикруялъе нужеца кинаб къимат кьолеб? Хъвай нижехъе, бице нужерго улбузул хӏакъалъулъ.