Вьетнамалда, Ханоялде унеб поездалъул вагоналъул гӏодор чӏолеб бакӏалда гъоркь бахчун батана «къираласул кобраби» абурал борхьазул цӏураб ункъо хъап.

Маххул нухлул хӏалтӏухъанасул рагӏабазда рекъон, гьелъул хӏакъалъулъ лъазабун буго рихха-хочарал поездалъул пассажираз. Гьенире ахӏарал транспорталда хӏинкъи гьечӏолъи букӏинабиялъул хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз хъапал рагьидал, гьезда бихьана борхьазул кӏалазда скотч седон букӏин ва гӏадамазе гьезул хӏинкъи гьечӏеблъи. Хъапазда жаниб чан борохь букӏарабали лъалеб гьечӏо, амма борхьал жанир ругеб ункъабго хъапалъул цӏайи букӏана 45 килограмм. Гьезул бетӏергьан ватичӏеб мехалъ, маххул нухлул хӏалтӏухъабаз борхьал рохьоре риччан тана. Хӏисаб гьабураб мехалъ, гьел рукӏине ккола Ханоялъул рестораналде кьезе рачун унел рукӏарал борхьал, щайгурелъул Вьетнамалда борхьил гьан рикӏкӏуна деликатеслъун. Амма борхьал чӏвазе гьениб законалъ гьукъула.