Азарго батӏияв чи вачӏуна нижехъе, бахьикъосахъе. Амма гьеб къоялъ гӏадав къиматав гьобол нижер къавулъ цевеккун киданиги рещтӏун вукӏинчӏо.
— Дида цӏар Мирза буго, — ян абуна гьоболас, дир кверги бачун.
Дицаги бицана дирго цӏар.
— Гьав щив чияли лъалищ дуда? – йилан гьикъана дир коллега Дациевас, гьурмада балъгояб гьимигун.
— Духъе вачӏарав чи гьав ватани, хӏакъаб жо ватула дур шишацояв, -илан махсара гьабун жаваб кьуна дица.
— Гуро, гуро, гьав вуго 23 чӏужу ячарав бихьинчи.
Гьереси щай, Дациевасда божичӏого, живго Мирзада гьикъана дица хӏакъикъаталдаги битӏараб жойищ гьебилан. Мирзаца, велъулаго, уйилан бетӏер гьанкӏана.
Дица хӏукму гьабуна, Мирза разилъани, гьесулгун гара-чӏвари гьабизе. Гьес инкар гьабичӏо.
Гьаниб ургъун бахъараб яги «Бахьикъосалъейилан» рекъезабураб жо щибго гьечӏо. Дир суалал – Мирзал жавабал.
— Мирза, бице, гьудулав чи, чан сон дур бугеб, киса мун кколев?
— Дир буго битӏун 60 сон. Дун ккола Буйнакский районалъул Тӏаса Жунгут росулъа.
— Чан сон букӏараб дур тӏоцебесеб ригьин гьабураб мехалда? Дир хӏисабалда, мун гьитӏинав гӏолохъанчи вукӏун ватизе кколаха гьеб заманалда.
— 30 сон бугев чияс ячана дица тӏоцеесей чӏужу.
— Вахӏ, 30 соналда жаний 23 чӏужуйищха дуца ячарай, щибаб лъагӏалие цо-цо гӏадин кколей
йигоха.
— Батилаха.
— 30 сон базегӏан щайха ригьин гьабун букӏинчӏеб?
Заман букӏинчӏо.
— Щибулевгӏаги вукӏарав?
— Квана-гьекъолев.
— Тӏоцеесей чӏужу дуца кин ячарай: рокьи ккунищ, абунищ яги хъамунищ?
— Эбел-инсуца ячун, рокъой ятана дида гьей.
— Гьабсагӏаталда ригьнада вугищ мун?
— 12 яцалда гьоркьосан йищун, 22 сон барай гӏадан ячана дица лъабго соналъ цее. Кӏиго ясги йиго гьелъ дие гьаюрай.
— Киналниги чан дур ругел? Рикӏкӏенцин къосун батила дуда?
— Дир гӏемерал лъимал гьечӏо: 6 яс. Цо вас хвезеги хвана.
— Гьелгощинал руччаби риччан руго дуца, аслияб куцалда щиб гӏилла кколеб букӏараб ригьин биххиялъе?
— Цо гьитӏинаб жо гӏолаан дие.
— Руччаби рухулаанищ дуца?
— Ты что, цонигиялде киданиги квер борхичӏо. Чӏужугӏаданалде квер борхулев чи бихьинчийищ кколев?
— Гьелгощинал руччаби рачарав чилъидал, чанги дандчӏвалел ратила дуда цере рукӏарал лъудби. Дандчӏвани, гьел мунгун кӏалъалищ яги мугъ сверунищ руссунел?
— Руссунаро, киса. Кӏалъазеги кӏалъала, щибаб кӏалбиччанкъоялъ почти киналго данделъизеги данделъула ниж.
— Гьезул жиделъго букӏунищ жахӏда-хӏусудищ гъоб, женская ревностищ?
— Букӏуна, гьеле гьеб дуца абулеб женский жо букӏуна. Цоцада щакдарула. Даже гьабсагӏаталда рокъой йигей тумайцин йикӏуна цо-цо мехалда мекъдарилей, нолъ вукӏаралъухъе айилан.
Цӏадаса Хӏамзатил руго лъикӏал рагӏаби:
Хӏелкил гъанцӏаги бан цӏалел лъаларо, цӏуял жал асдаса рикӏкӏад чӏоларо – абурал. Дулъги цо гӏаламат батичӏони руччаби тӏаде цӏалеб?!
— Дица цо бер речӏчӏизабула рекӏее гӏурай гӏаданалда ва гьей жийго ячӏуна.
— Мирза, гьебни божизе захӏматаб жо буго.
— Кинха гьанже нуж божизарилел? Гьедизениги ккелаха.
— Воре, воре гьедуге, божана. Цо нижееги малъа-хъвай гьабеха ру-ччабазул рекӏелъе нух бахъизе?
— Гьеб буго Аллагьас дие кьураб гьунар. Малъа-хъваязул жо кколаро.
— Руччабазул базаралда вугев дур магӏишаталъул иш кин букӏараб? Рокъобе бачӏунеб-толеб жого букӏунаанищ? Яги кинабго риччарал руччабаз алиментазе-йищ бахъулеб букӏараб?
— Цо бугони, дун вуго кверда махщел бугев чи, цӏулал устар. Гьединлъидал магӏишатги хашго букӏунаро. Кӏиабилебги, алиментал абураб жо дида лъаларо. Лъицаго цӏар бахъичӏо гьелъул.
— Мун гьекъолдулищ?
— 22 соналъ тун букӏана, гьале нужер бахьикъосгун дандчӏваралдаса нахъе гьекъезе байбихьана.
(Дациев Мирзаде вагъана гьедин абунилан: я вац, гьас нилъер кӏалдиса араб жо кӏутӏун къалмиде босула. Гьеб дица ругьун гьавунин хъвараб жо хъвагӏайин абе.)
— Гьей 23 бахӏаралда гьоркьоса, цин йиччазеги йиччан, цӏидасан тӏад юссинаюрай гӏадан ккара-йищ?
— Не-не-не, гьединав учузав бихьинчи гуро Мирза. Дир цо рагӏи букӏуна кьури гьечӏеб: йиччан танищ чӏужугӏадан, будте добри-рокъой чӏа.
— Дур цониги тӏокӏцӏарго бугебищ?
— Гьечӏо, валлагь. Цониги чи рекӏеда ватичӏо дида Камалил Баширилангӏаги абизе.
— Гьебни хӏалихьатаб иш гьабун буго.
— Букӏинарищха ле!
— Цо ахирисеб суалги кьун телин, Мирза. Битӏун бице, тӏокӏай чӏужу ячине ракӏалда бугищ?
— Гьечӏо.
— Велъулев щайха мун?
— Аллагьасхӏаги лъаларо.
— Бихьинчиясул рагӏи кьезе кӏолищ тӏокӏаб руччабазулгун даран гьабиларилан?
— Валлагь кӏоларо. Кӏолареб жо кӏолареб букӏуна.