— Я, дир гьудул Гӏалихан,

Гӏумруги чӏалгӏун буго,

Гӏадада заман ине

Диеги бокьун гьечӏо.

Дун гӏадинал ясазул

Россал руго бечедал,

Мунго кинав гьардухъан

Гьикъун кӏалгун вачӏарав?

— Юцӏцӏун йикӏа, хирияй,

Халикъасдаса неча,

Хинаб квен гьечӏого мун

Кидагӏаги йикӏарай?

Бокьоб гӏакаги буго,

Гӏурдада хурги буго,

Хасалица кваназе

Картошка бачӏун буго.

— Кваназе квен гьечӏого,

Цохӏониги чи гьечӏо,

Чияр машинабазда

Кидалъагӏан хьвадилей?

Дун гӏадинал ясалаз

Джипал руго рекӏунел,

Россабаз бахшишалъе

Босун буго гьезий кьун.

— Хирияй, цо квералда

Килщал ращадал гьечӏо,

Киналго гӏолилазул

Джипалги рукӏунаро.

Ракӏ рагьарав дун дуе

Маян кьурав гӏоларищ,

Гӏамал сураралщинал

Щола цойги ясазе.

— Вай, лъаларо, Гӏалихан,

Гӏамал берцинав инсан,

Унго-унгояб талихӏ

Кинабдаян йикӏуна.

Кӏваричӏо дий Джипалги

Кӏудиял кӏалгӏабиги,

Кӏалалъ берцинаб рагӏи

Бицунев мун вокьила.

— Гьелеха, дир хирияй,

Дуда гьанже бичӏчӏана,

Бетӏергьанас дуй кьураб

Даран, хазина, талихӏ.

Аллагьас кьуралдаса

Рази йикӏа, хирияй,

Хириял гьитӏичалгун

Гӏуцӏе талихӏаб гӏумру.