Школазда гӏуцӏула батӏи-батӏиял тадбирал. Рукӏуна гьел байрамкъоязул хӏурматалда гӏуцӏулелги. Гьел тадбиразде хӏадурлъулаго, цӏалдохъабазухъе кьезе кучӏдул ратизе захӏмалъулеб бугин абун букӏана нижеда учительзабазулгун тӏобитӏараб цо мажлисалда. Гьединлъидал редакциялъул хӏукму ккана байрамкъоязул темаялда кучӏдузул гьурмал рахъизе. Гьаб нухалда кьолел руго чӏужугӏадан, эбел кӏодо гьаюн хъварал асарал.

Гӏайшат Хирамухӏамадова, Шамил район, Гӏурада росу

Эбелалде

Эбел, тӏаса лъугьа хъачӏал сардазухъ,

Свакан, киниялде къулун рогьарал.

Гьуинаб макьу тун, хинаб бусен тун,

Хинлъи нижее кьун, арал соназухъ…

Эбел, тӏаса лъугьа къартӏаб черхалде

Чвахун щолеб херлъи чӏезабичӏелъухъ.

Кӏарчамаб гьурмаде рехун рачӏунел

Рукӏкӏалаби кквезе гьунар гӏечӏелъухъ…

Цере квералги ккун, дуца гьабураб

Дугӏаялъ руго ниж цӏунун ракьалда.

Тӏинкӏулеб магӏугун гьарараб гьари

Бетӏергьанас къабул гьабизе хьулгун.

Наби Гӏисаев, Цӏунтӏа район, Гьинухъ росу

Эбелалде

Эбел, дида ккола киналго тӏугьдул

Дур гьимиялдаса гьарун ратилин,

Гьелъ гурищ ракӏ-ракӏалъ гӏадамазе гьел

Гьадигӏан ракьалда рокьулел ругел.

Дур бералин ккола сардида цӏваби,

Цӏуне лъималилан кӏалъай гьабулел.

Ва амма васазул аслияб мурад

Мун цӏуни, мун цӏуни, мун цӏуни буго.

Щибаб их бачӏингун рорчӏарал лъараз

Лъиде кечӏ ахӏулеб? Дир эбелалде.

Дицаги, как гӏадин, киве щваниги,

Щурула, угьула эбел, эбелан.

Мун кий йикӏаниги – рикӏкӏад, гӏагарда,

Гӏумруялъ нижеда цадахъ хутӏула.

Хадубккун, нух къосун, ниж мекъи ккани,

Кидаго хӏадурай, хӏалай ячӏине…

Гӏайшат Малачиева, Унсоколо район, Унсоко-ло росу

Эбелалъул сураталъухъ

Эбел, дур суратгун гаргадулей дун,

Гьаний дидасаги гӏолохъанай мун!

Дие насиблъичӏеб берцинлъиги дур,

Дие ирслъун щвечӏеб чӏаголъиги дур!

Эбел, мун йикӏинчӏо кӏвахӏалъе яцлъун,

Сваказе ургъичӏеб урхъарал къояз.

Эбел, мун лъугьинчӏо ургъалий лагълъун,

Унтизе регӏичӏел регӏана сонал.

Гӏодобкъо хӏалхьичӏей хӏалтӏул гъазияй,

Хӏарамлъи квинчӏелъул баркала лъанищ.

Захӏматкъо алхинчӏей, инсул бахӏарай,

Бикъизе лъачӏелъул рукъ бечелъанищ.

Магӏида херлъарал хириял гурдал –

Ретӏун къачӏадизе къо дуе кьечӏел,

Гӏункӏкӏаца кванарал китай-явлухъал –

Гӏадатӏе рехизе заман батичӏел.

Дида рухӏ лъелалде бахӏарлъи арай,

Гьадинго гьайичӏо дунялалда мун.

Дун гӏун йихьилалде херлъи бихьарай,

Гӏадада йикӏинчӏо гьаб ракьалда мун.

Мухӏамад Рамазанов, Цӏунтӏа район, Сагьада росу

Кӏодол кверал

Рикьуда риххарал гӏорал кинигин,

Бидурихь халлъулел дир кӏодол кверал.

Хаслихъе сасарал лъарал гӏадинан,

Накабазда лъурал дир кӏодол кверал.

Тӏолго нижер наслу квенчӏада лъурал,

Лъавукълъи хъамизе чанги зинкӏарал,

Чӏахъаги дир кӏодол гӏадлуял кверал,

Кверазда бахунеб кремго бихьичӏел.

Тӏатӏуда рецӏцӏулел мичӏчӏихинкӏазул,

Хасаб тӏагӏам жеги мацӏалда буго.

Лъабго килщикье ккун, мочӏуги бекун,

Нах дихъе бегьарал къуватал кверал.

Дир берталъ кьурдизе цее ячӏиндал,

Рухӏдаллъана гьелда тӏолго мусудул;

Гьава къотӏун унеб лочнол куркьбаллъун

Гогьдарана кӏодол гьайбатал кверал…

Сабигат Мухӏамадова, Цӏумада район, Инхокъвари росу

Эбел

… Гӏумрудул хазина, хирияй эбел,

Мун гьечӏони, дунял – чӏобогояб рукъ.

Дуда бараб буго ракӏалъул хинлъи,

Хирияй, дуегӏан рокьулел лъие?..

Мун гьечӏеб ракьалда бакъ кин баккулеб,

Дунял тираниги, батулареб ракӏ.

Эбел, мун цо йиго, дир берзул канлъи,

Кидаго налъукьа ниж рорчӏуларел.

Такрарлъизе гьечӏей, жий хисуларей,

Лъимал кьижичӏони, макьу щоларей,

Лъимал кваначӏони, хӏалхьи лъаларей,

Лъималазе гӏоло бахъун рухӏ кьолей.

Рамазан Гӏабдулмуслимов, Беж-тӏа участок, Гьунзиб росу

Эбел – зобал цӏураб моцӏ

Бищунго берцинай, бищунго лъикӏай,

Эбелгӏан хирияв цоги чи гьечӏо.

Гӏакъилай, гӏедерай, гӏагарай эбел,

Гьей кӏодо гьайизе гьунар гӏеларо…

Гьитӏинав чиясе кӏудияб рикъзи

Эбел гурищ кколей Аллагьасдасан.

Щивав инсанасе Бичасул баркат

Эбел гурищ кколей? Божуларищ нуж?

Чан лъикӏал къояца къалъараб гӏумру,

Рохелги талихӏги гӏемер батараб?

Нилъ руго ракьалда гӏисинал цӏаял,

Киназего эбел – зобал цӏураб моцӏ!

Ракӏ бакъвараб мехалъ, эбел ятула,

Рохел баркизеги гьей гӏедегӏула.

Гӏадамал – гӏакъилал, гӏалимал, ханал,

Нусабго махщалил хазина – эбел!

Тӏогьоца гӏадинан, бетӏер борхула,

Гӏадамалъе лъимер бахъунеб бихьун.

Бакъ гӏадин, къалъула, къватӏие яхъун,

Къоцӏул лъималазул цӏаралги щурун…

Хъистаман Султанбегова, Гумбет район, Лъаратӏа росу

Эбелалъул кунчӏи

Дудаса кӏанцӏарал меседил чӏорал,

Чӏван рукӏана дица ирсалъул ахикь.

Замана бахъидал, кьалбалги лъугьун,

Тӏаде загьирлъана загӏипал чӏорал.

Гьездаса йохиялъ хекко барщизе,

Дица гьелде тӏуна тӏагӏамал лъинал.

Ракӏалдаса тӏураб тӏегь бижун бугин,

Тӏолалго рачана кунчӏи бихьизе.

Дун гьелъий хӏелана, хӏалимай гӏадин,

Хӏалакун елъана, налъулай гӏадин.