Джигит Дидойский

Рогьалил как тӏобитӏун,

Тӏад цо ратибат гьабун,

Тавбу къабуллъиялъе

Къуръаналъул жуз цӏалун.

Рагьу-махӏу берцинаб

Гордухъанги валагьун,

Анищ букӏана, ясай,

Цо дуда бер речӏчӏизе.

Сайгидахӏмад Ахӏмаднабиев

Дур берцинлъиялъул

Бицен гьабуни,

Беццалцин канлъила,

Камиллъи лъазе.

Кинабго дур чорхол

Чалухлъи лъани,

Чанги гӏолиласул

Гӏакълу босила.

Къаси тӏаде яхъун

Жузгӏаги цӏале,

Цӏекӏал харбаздаса

Рикӏкӏад хутӏизе.

Цӏаларазухъ хьвадун,

Сабабал хъвае,

Саяхъал къоролаз

Къор гъеларедухъ.

***

Мерседесгун вачӏарасе

Кьела гьай,

Гьундул-кӏалгӏа кӏудиясе

Кьела гьай.

Тукен, кафе кодосесе

Кьела гьай.

Банкетный зал бугесеги

Кьела гьай.

Кьибил-тухум кӏудиясе

Кьела гьай.

Тухумалъул берцинасе

Кьела гьай.

Дун гӏадинав гӏинкъасе —

Кьоларо гьай.

Джигит гӏадав рекъасе —

Кьоларо гьай.

Вакъарав редактор щай —

Кьоларо гьай.

Бикъулев цӏогьорги щай —

Кьоларо гьай.

Гӏумахан Гӏандийский

Редактор, нуж гӏадинан,

Регӏун гьечӏо ясазде,

Лъагӏалил ахиралде

Бюджет къачӏазе ккола,

Нужер тукенги залги

Заирае щай, гьудул,

Цӏалуде тӏад къуларай

Къиматай докторалъе?

Сайгидахӏмад Ахӏмаднабиев

Цӏалуде къуланилан,

Къиматищ гьелъул хвелеб,

Къирал, паччахӏ гӏадинав

Гьудул аскӏов вугони?

Гӏумахан Гӏандийский

Къирал-паччахӏ гӏадинав

Кисан гьанже бихьинчи?

Киналго руссун руго

Фейсбуказде жанире.

Рокьул къимат хун буго,

Къвал балев вихьуларо,

Къахӏан подушкаги ккун,

Пударула сетазда.

Цохӏо сасикьев вуго

Саламатав бихьинчи,

Рачӏа гьесий гьаризин,

Гьайбатай яс Заира!

Амма цо хӏинкъи буго,

Рекӏел хӏалхьи бикъараб —

Дур гарем лъани, Заи

Лъавудаса инадай?

***

Дуде кучӏдул хъвалел

Шагӏирзабазе,

Щай жаваб кьолареб,

Кьер меседил бис?

Кьечӏеб талихӏилан,

Магӏид рецӏцӏулел,

Руцӏцӏинаре, Заи,

Загӏипал васал!