Патӏи, мун ячӏарай
Кьохъан ятани,
Кьодухъ ссак биххичӏеб
Гӏаламат гурищ
(Цӏадаса Хӏамзат)
Патӏи, мун ячӏараб
Кьо бугебани,
Кьелаан къойилго
Къадругун салам,
Ва щибаб ворчӏуда
Вачӏинаан духъ,
Чӏагоял тӏугьдулгун
Накаби чӏвазе.
Амма мун хьвадараб
Хьиндалазул кьо,
Некӏого хисана,
Маххулаб лъезе,
Херав Хӏамзатица
Хӏукму къотӏараб,
Жакъа музеяхъцин
Гьечӏо чохтӏоги.
Гьеб хисун магӏарухъ
Дур магӏарулалъ
Махералъул шарфал
Руго жемулел.
Цӏакъго «современний»
Сверуде ккараз,
Норка тӏагъур буго
Надалде цӏалеб.
Рилълъин хисун буго,
Патӏи, яцазул –
Пайтоналда рарал
Чуялин ккола,
Черх-керен, кинабго
Рагьараб зодикь,
Къогъеназда лъураб
Къайи кинниги.
Калам-нич тӏагӏараб
Гьазул кӏутӏбузда –
Кӏиго – гӏурус мацӏалъ,
Цо – рахьдал мацӏалъ,
Къунцӏарал бутӏрулги,
Бетӏараб расги
Батӏияб къо буго
Жакъа тӏаде щун.
Огь, Гӏашурал Патӏи,
Гӏашурал Патӏи,
Гӏалам гирун араб
Гьаб гӏассияб кӏкӏал,
Огь, Гӏандиса Патӏи,
Гӏандиса Патӏи,
Тӏубан Петералде
Сверараб дунял.