Ункъо чӏужугун хӏежалдеги ун вуссарав чиясда цӏехон буго гӏакъуба-къварилъи бихьарабищилан. Валлагь, кӏудияб къварилъиго бихьичӏилан абун буго гьес, ганчӏазда къочардилел алги рукӏанин, бихьинчи гӏадин бохалде бохги бахинабун азухъ валагьун дунги вукӏанин.

***

Ункъо лъимер цадахъ жиндие гьабураб мехалъ цояс абун буго, нолъ дир чӏужуялъ Мухӏаммадил уммат бахъинабизехъин букӏанин, цо талихӏалъ, сордоги рогьун хутӏанилан.

***

Дуца чӏужу хӏежалде жийго цохӏо щай йитӏулей?

— Я вац, гьай хӏамидасаги йортана, куракул гъотӏодасаги йортана, гьанже хӏежалде ялагьизаюлей йиго, мерхьунгӏаги холарищали бихьизе.

***

Кӏалги ккун, къечон холаго, харил магьги цӏун ячӏуней чӏужу-гӏаданалда ратун руго жидерго магъилъ гьекъолдулел, аскӏоб бугеб росдал гӏолохъаби. Гьай гъозде семун йиго, нужеда ничги яхӏги гьечӏищ, гьаб хирияб моцӏалъ гьедин рукӏинеян. Я, яц, нижеца колхозалъул собраниеги ахӏун гьаб кӏалккул моцӏ хасалоялде нахъ бахъанагури бигьалъиялъеян, жаваб гьабун буго гӏолохъабаз.

Нижер гӏабдалзабаздани лъаларо гьединаб жо гьабизеянги абун, гьайги ун йиго.