— Нилъ руго батӏи-батӏиялги ва цоцазда релълъаралги. Цого анищалги, цого пикрабиги, мурадалги цохӏо нилъер. Ва гьеб кинабгоги нилъе-нилъер мацӏалда. Бакъги гьеле гьеб мацӏалда гьимула нилъее, талихӏалъги гьеб мацӏалда бала нилъеда къвал – гьеле гьединаб букӏана Каспийск шагьаралъул №2 школалъул рахьдал мацӏазе сайгъат гьабураб, учительзабиги цӏалдохъабиги гӏахьаллъараб тадбиралъул ахӏи. Байрамалда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана Дагъистаналъул Тахо-Годил цӏаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гӏелмиял хӏалтӏухъаби Хӏайбула Вакилов ва Разият Ражабова, «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева.

Гӏахьалчагӏазда байрам баркана школалъул директор Гӏалибег Хъазанбиевас.

— Дагъистаналъул рухӏияб бечелъи-лъун ккола гьелъул миллаталги миллатазул мацӏалги. Нилъер, чӏахӏияб гӏелалъул, ватӏаналда цебе буго кӏудияб борч — наслабазе цӏунизе ккола нилъерго мацӏги, гӏадаталги, гӏамалалги. Ракӏ бохизе бачӏуна, улкаялъул букӏинесеб кодоб бугел гьал лъималазухъ гӏенеккидалги. Дагъистаналъул мацӏаз буцӏцӏараб хӏикматаб квацӏиялъ божизе тӏамулел руго мацӏал чӏаго рукӏине рукӏиналда, — ян абуна гьес.

Школалъул рахьдал мацӏазул учительзабаз хӏадурарал цӏалдохъабаз рикӏкӏана, цӏалана, ахӏана жиде-жидер мацӏазда кучӏдул, рихьизаруна Дагъистаналъул хъвадарухъабазул асаразул кьучӏалда гӏуцӏарал сценкаби. Байрамалда нур базабун букӏана гьелъул жигарал гӏахьалчагӏилъун рукӏарал жалго учительзабазги. Гьезги бихьизабуна рахьдал мацӏазул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ бицунеб сценка. Цӏалдохъабазда ва учительзабазда байрам баркана гьалбадерицаги. Гӏумруялдаса мисалалги рачун, гьез бицана рахьдал мацӏазул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ.

Гьанибго бицине бокьун буго гьеб школалда ратарал магӏарул цӏалдохъабазулги. Гьел хӏадур гьарун ругоан магӏарул мацӏалъул учитель Патӏимат Зургьаловалъ. Гьел лъималазухъ гӏенеккидал, ургьиб ракӏ басандизе лъугьараб гӏадаб асар гьабулеб букӏана. Гьале дол, дир миллаталъул букӏинеселда рессун ругел накъищал, гӏагараб миллаталъул бакъул гвангъарал чӏорал. Гьел чӏоразул хинлъи лъугӏизе рес гьечӏо ракьалдаса.

Гьеб къоялъ гьел лъималазул гьурмазда гьимулеб букӏарабщинаб талихӏ ракьалде биччарабани, мацӏаз буцӏцӏараб квацӏидал махӏ щивасул рекӏелъ рещтӏине букӏана. Ахӏана гьез магӏарул шагӏирзабазул кучӏдул.